Аслияб гьумералде

ГIамалалдасаги лъикIаб

ГIамалалдасаги лъикIаб

 

Аварагасул ﷺ хIадис буго муъминчиясул гIамалал нияталда ран руго ян абураб. Нилъеда лъазе ккола щибаб гIамал гьабилалде цебе лъикIаб ният гьабизе. Муъминчиясул ният - гIамалалдаса лъикIаб бугилан абураб хIадисалъ нилъеда бицунеб буго гьеб цIакъ кIвар цIикIкIараб иш букIин.

 

Нилъеда лъачIого чанги лъикIа-лъикIал гIамалал гьарун ратула нилъеца ва амма цебеккун ниятги гьабун гьелго гIамалал гьарун рукIаралани, нилъее цIикIкIун кири Аллагьас ﷻ кьезе букIарал.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Чан гIамал бугеб (ай гIемерал руго) жиб бихьизе дунялалъул пишалъун бугеб, амма лъикIаб нияталдалъун жиб Аллагьасе бокьулеб, ахираталда кири хъвалеблъун лъугьунеб. Гьединго чан гIамал бугеб, жиб бихьизе ахираталъул гIамаллъун бугеб, амма ният квешлъиялдалъун жиб дунялалъул гIамалалде сверулеб».

Масала, цо бусурбанчияс чIужу ячуней йигони, байбихьудасанго Аллагьасе ﷻ гIололъун нияталда. Аллагьас ﷻ Къуръаналдаги, Аварагас ﷺ хIадисалдаги абухъе, чIужуялъе рослъиги гьабизе, рукъалъул агьлуялда исламияб тарбияги малъизе, жиндир чорхолъ Аллагьас ﷻ лъураб шагьват, хIалалаб, кири кьолеб къагIидаялда тIубазеги, берги, пикруги хIарамалдасаги цIунизелъун. Гьеб нияталда гьабураб гьесул чIужу ячин нилъеда бихьизе дунялалъулин кканиги, хIакъикъаталда гьеб гIамал ахираталъул, Аллагьас ﷻ кири кьолел гIамалаздасан ккола. Амма гьелъул гIаксалда чияс чIужу ячуней йигони, жиндирго гIодорегIанал чорхол шагьваталги тIуразе, чIужуги мутIигI гьайизе, гьелда тIад кверщелги гьабизе, ругел лъималаздалъун гьаб дунялалда чIухIизеги, гьаб къагIидаялда гьабураб ригьин-дараналда жаниб щиб баракатги лъикIлъиги букIинеб, гьелде тIадеги, гьелъухъе Аллагьас ﷻ щиб кириги кьелеб?

Щиб гIамал бугониги муъминчияс гьабулеб гьелда цебе ният, бацIцIадаб, лъикIаб гьабизе ккола. Масала, кьижи, ретIел ретIи, мадугьалзабазе лъикIлъи гьаби, гьоболасе хъулухъ гьаби, садакъа кьей ва гьел гурел цогидалги. КигIан гIиси-бикъинал ругониги, нилъер, Аллагьасе гIоло ният бугони, гьелъухъ кири цIикIкIун щвела, иншаАллагь.

Цоги буго гьаниб бицинчIого гIолареб, Аллагьас ﷻ МухIаммадил умматалъе хас гьабун кьураб нигIмат, цереккун арал умматазе жиб кьечIеб. Аварагас ﷺ абунила: «Аллагьас лъикIабги квешабги хъвана, цинги гьел баянги гьаруна. Щив чи вугониги лъикIлъи гьабизе къасд гьабурав ва гьеб гьабичIев, Аллагьас гьеб хъвала цо тIубараб лъикIлъилъун. Гьес лъикIлъи гьабизе къасдги гьабун гьеб гьабуни, Аллагьас гьеб хъвала анцIго лъикIлъилъун, анкьнусиде щвезегIан, жеги гIемер цIикIкIараб даражаялде щвезегIан. Квешлъи гьабизе къасд гьабуни ва гьабичIого тани Аллагьас гьеб хъвала тIубараб лъикIлъи гьабилъун. Инсанас квешлъи гьабизе къасд гьабуни ва гьеб рагIалде бахъине гьабуни, Аллагьас гьеб хъвала цо квешлъилъун» (Бухари). Гьаб нилъее кIудияб нигIмат буго.

Аллагьас ﷻтавфикъ кьеги щибаб лъикIаб гIамалалда цебе ният бацIцIадго, гIицIав Аллагьасе ﷻ гIоло гьабизе. Амин.

 

МухIаммад Сайфулаев

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


ЦIалул соналде

ХIурматиял бусурбаби, щибаб цIалул сон тIаде щолаго нилъеца бицен гьабула лъималазе лъай кьеялъул бугеб хиралъиялъул хIакъалъулъ. Хасго исламияб лъай кьеялъул кIваралъулги цIакъго мухIкан гьабун бицунеб гIадат букIана.   Гьале исанаги тIаде щволеб буго гьебго цIалул заман. Амма гьаб...


Тушбабаздехунги букIана гIафву

Аварагзабазул тIабигIа-таздасан ккола хIилму ва гурхIи. Аллагьас ﷻ Аварагасдехун абулеб буго: «Дуца гIадамаздехун гьабулеб гIамалалъулъ бигьаяб, хIеренаб нух тIаса бище ва жагьилал гIадамаздасаги вусса», ай гьез гьабуралда релълъараб ахIмакъаб гьабугейин ва гьезул рагIи-гIамал гIадахъги...


Казияталдасан пайда щвана

ГъазМухIаммадов Жамалудин ккола Хунзахъ районалъул Харахьи росулъа. ЦIалана экономистасул махщалие. ХIалтIана батIи-батIиял идарабазда бухгалтерлъун. ГьабсагIаталда гIумру гьабун вуго ЦIияб Хушет поселокалда. Кидаго букIана спорталъулгун щулияб гьудуллъи. Гьанже нахъацин гIолохъабазда кIоларел...


Къеч буссинабулеб

Риидал хъарпуз гIемер кванала. Гьелъ къеч буссинаби гуребги, сахлъиялъеги пайда гьабула. Лъим, витаминал, минералазул ва антиоксидантазул къадар цIикIкIараб букIиналъ, хъарпуз рикIкIуна риидалил бищунго сахлъиялъе пайдаял кванил нигIматазул цояблъун.   Хъарпузалъулъ букIуна 90 проценталде...


Дагъистаналъул муфтияталъул вакилзаби щвана Беларусиялде

Беларусиялъул муфти Абубекир Шабановичасухъе гьоболлъухъе щвана Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул делегация. Гьелъие нухмалъи гьабуна регионал церетӀезариялъул департаменталъул начальник АхӀмад Надирбеговас. Гьединго делегациялда гьоркьор рукӀана ДРялъул муфтияталъул пресс-хъулухъалъул...