Аслияб гьумералде

ИсмагIил аварагас ирсалъе тараб

ИсмагIил аварагас ирсалъе тараб

Аварагас ﷺ  баян гьабун буго чуязул хиралъи ва гьезул пайдаби. ГIабдуллагь бин Жаририца бицана: «Аллагьасул расулас чол надалда кверги бахъун абуна: «Къиямасеб къо чIезегIан чуязулъ кинабниги лъикIлъи буго, гьелдалъун ажруги гъаниматги щола», - ян.

 

Аварагасе ﷺ  хъулухъ гьабун вукIарав Анасица бицана: «Бичасул расуласе ﷺ  бищунго бокьулеб хIайван чу букIана», - ян.

Хъвалеб буго чу гIалхул хIайванлъун букIанин. Аллагьас ﷻ Ибрагьим аварагасеги ИсмагIилиеги КагIба борхизабизе изну кьедал, Аллагьас ﷻ гьезда абуна: «Дица ﷻ нужее цо хазина буго нахъе цIунун, гьеб къватIибе бахъеян нужеца дугIа гьабе», - абун. Гьез дугIа гьабидал, дунялалда тIад ругелщинал чуял, Аллагьас ﷻ гьезие мутIигI гьаруна. Гьелъие гIоло хирияв МухIаммад аварагас ﷺ  абулаан: «Нуж чода рекIа, гьеб буго нужее ИсмагIил аварагас ирсалъе тараб хIайван», - абун.

СагIлабияс бицараб хIадисалда буго: «Аллагьас ﷻ щибаб рогьалида чуязе дугIа гьабизе изну кьола ва гьез гьарула: «Я, БетIергьан Аллагь ﷻ! Щив чи вугониги дун гьудуллъун ккун, дир бетIергьанлъун вахъун, Дуца ﷻ дун гьабе гьесие, жиндирго агьлуялъулъги малалъулъги бищун бокьулеблъун», - абун.

Абу-Аюбил Ансарияс бицана: «Хирияв аварагасухъе ﷺ  гIалхул гIарабияв вачIана ва гьикъана: «Дие чуял рокьула, Алжаналда чуял рукIунищ?» - абун. Аварагас ﷺ  гьесда абуна: «Мун Алжаналде лъугьараб мехалъ, дуда аскIобе бачIине буго якъуталъул куркьбал ругеб чу. Гьелда тIадги рекIун мун воржине вуго дуего бокьараб бакIалде», - ян.

 

Аварагасул ﷺ  рукIарал чуял

 «Сакб». Гьеб чодаги рекIун хирияв авараг ﷺ  гIахьаллъана УхIудалъул гъазаваталда. Гьелъул надалда букIана хъахIаб тIанкI, хIатIазда рукIана, курхьен барал гIадал хъахIал, берцинал хIуччал.

«Лизаз».  Гьеб чу аварагасе ﷺ  сайгъат гьабун букIана Мукъавкъис ханас.

«Муртажиз», «ЛахIиф», «Зариб», «Зарс» абун цIар бугелги чуял рукIана.

«Вард» букIана аварагасе ﷺ  Тамиму Дарияс сайгъат гьабураб, хадуб ГIумар-асхIабасе жинцаги кьураб.

«СабхIат» ва «БахIр» рукIана кутакалда рекерулел чуял. Гьездаги рекIун хирияв авараг ﷺ  чанго нухалъ къецазда цеве ккана. Хирияс ﷺ , «БахIр» абуралъул надалда кверги бахъун, абулаан: «Мун, хIакъикъаталдаги, ралъад буго», - ян.

 

Исрафил МухIумаев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...