Аслияб гьумералде

Как ахIиялъулъ мугIжизат

Как ахIиялъулъ мугIжизат

Щибаб къоялъ нилъеда рагIула щуго нухалъ как ахIулеб, амма гӀемерисеб мехалъ гьелъул рагӀабазда жаниб бугеб гъваридаб магӀнаялъул ва гӀажаибаб хIикматалъухъ хӀисаб гьабуларо. ГIемер рагIиялъ нилъеца гьеб ругьунаб хIисабалдалъун тола.

 

Исраъ ва мигIражалъул сордоялъ, ТӀадегӀанав Аллагьас муъминзабазда тIад къад букIана кIикъоялда анцIго паризаяб как бай. Жиндир гӀорхъи гьечӀеб РахIматалдалъун ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьезул къадар, Аварагасул ﷺ гьариялдалъун щугоялде щвезегIан гIодобе бачана, амма кири кьезе буго 50-го какил. Гьелъул къиса нилъее машгьурабги буго. Как ахIиялъеги буго жиндирго хассаб къиса, амма гьеб рехсей мурад гьечIо гьаниб. Как ахIиялда жанибги гIажаибаб хIикмат буго. Гьеб ккола ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ мугIжизат.

Как ахIиялъулъ ругел калимаби руго гӀага-шагарго 50-го рагIиялдасан гIуцIарал. Гьелъ нилъеда ракӀалде щвезабула щуго какалъухъ 50 какил кири щвей. Как ахIиялъулъ ругел гӀараб рагӀаби хассал хӀарпаздалъун гӀуцӀарал руго, гьел руго анцӀила анкьго. Гьеб къадаралда жанибги кIудияб хIикмат буго. АнцӀила анкьго ракагӀат буго, къойил балеб щуябго паризаяб какалда жаниб. Как тIалъараб заман исраалъул ва мигIражалъул сордо буго. Гьеб рехсараб сура Къуръаналда 17-абилеб номералда гъоркь буго . Гьединаб дандеккей инсанас гIуцIизе рес бугищ? Гьев гьелде кIантIизегIаги вугищ?

Как ахIи байбихьула Аллагьул ﷻ цӀаралдасан ва гьеб цIаралдалда лъугIизеги лъугIула. Гьелъул магIнаги ккола кинабго жо Аллагьасдасан ﷻ байбихьулеблъи ва Гьесде буссунеблъиги.

«Аллагь» абураб цӀар как ахIиялда жаниб бищун гӀемер такрарлъула. РикIкIараб мехалъ 11 буго. АнцӀила цо рикӀкӀенги гӀуцӀун буго кӀиго цоялдаса. Цо ккола киналго рикӀкӀеназул кьучӀ, амма гьеб жибго бикьуларо Аллагь ﷻ викьуларебгIадин. Аллагь ﷻ вуго цохIо.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...