Суал-жаваб
МагIна бичIчIуларел Къуръаналъул аятазе ва хIадисазе кинаб хIукму бугеб? Цогидал аятазда релълъун гьезул тафсир гьабизе бегьулищ?
Гьел аятазде ва хIадисазде нилъеца иман лъола ва гьелъул хIакъикъат ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ тIамун тола. Гьединал аятазе ва хIадисазе баян тафсир гIалимзабаз кьечIо. Гьелъул магIна гIалимзабаз Аллагьасде ﷻ тIамун тола. Амма гьедин гьабичIони, гьелъ рачуна Аллагьасе ﷻ данде кколарел сипат гьабиялде, баянаб аят бугелъул «Гьесда (Аллагьасда) релълъараб жо гьечIо щибго», - ян абураб. Гьединлъидал, нилъеца гьединал ишкал ругел аятал ва хIадисал Аллагьасде ﷻ тIамун тола. Гьеб ккола салафу-салихIуназул мазгьаб ва гьеб мухIканабги буго. Гьединаб пикруялда рукIана цере рукIарал гIалимзаби, къосараб къапила бачIинегIан.
Гьанже гIадамазда жаниб гьез ишкал ккезабидал, хадур рачIарал гIалимзаби хIажалъана чара гьечIого гIадамазда малъизе рекъон кколеб магIна.
Имам ибну Дакъикъица абуна: «ГIакъидаялда жаниб ишкал бугел сипатазе нилъеца гьадинаб баян кьола: гьеб хIакъаб жо бугин абула ва ритIухъ гьабула Аллагьасе ﷻ гьелдалъун бокьун букIараб мурад.
Таъвил (рагIабазул магIна) гьабулеб бугони, нилъ балагьула гьеб (таъвил) гIараб мацIалъ тIалаб гьабулеб жоялде данде кколеб бугищали, данде ккани, инкар гьабизе гьечIо.
Амма гIараб мацIалда данде кколареб батани, гьеб чIезе тола ва дол аятал ритIухъ гьарула жанисан рацIцIадги гьарун. Масала, гIараб мацIалда квер абураб жо сверизабула къудраталде. Аллагьас ﷻ гьеб рагIи рехсараб бакIалда нилъеца Гьесул къудрат абун яги данде кколеб магIна кьола», - ян. Нилъеца цебе бицухъе, гьединал аятазда иманги лъун, Аллагьасде ﷻ тIамун тараб лъикIаб буго. Гурони чи къосине рес буго.
Гьеб бичIчIизе ва хIакъикъиял гIалимзабазда нахърилълъине тавпикъ кьеги Аллагьас ﷻ.
Имам Маликица абуна: «Гьединал жалаздасан суал кьей бидгIа буго ва иман лъей тIадабги буго», - ян. Гьаб нух буго мустахIикъал гIалимзабаз тIаса бищараб.
Имам ШагIранияс абуралдасан ккола, салафу-салихIуназ гьел аятазе баян кьолароанин, щайгурелъул, гьезда кинабго бичIчIулеб букIанин, гIелмуялъул цебетIейги гьелъул гъварилъиги гьезухъ букIиндал. Хадур рачIарал гIалимзабаз (халафаз), гьезие шаргIалда данде кколел, ай Аварагасе ﷺ кьезе бокьун букIараб магIна баян гьабизе ккана нилъ гIадал диналъулъ загIипал гIадамазе, къосарал къапилабаз гьел аятазе, хIадисазе мекъи баян кьезе байбихьидал.
(«Итмаму Диярати Ликъурраи Нукъаяти», гьум. 67)
Суннат танин абун гIайибчIвазе бегьулищ?
Лъица бугониги хIарамаб жо гьабулеб бихьани, гьукъизе тIалъула, тIадаб жо толеб бихьани, амру гьабизеги ккола. Кинниги гьелъулги буго гьабулеб къагIида. Щайин абуни, хъачIго гьабураб насихIат гIемерисеб мехалда къабул гьабичIого тола. Гьединго суннат танин абун гIайиб чIвазе бегьуларо, хIатта карагьатаб жо гьабунин абунги. Масала, какда хадур азкарал тей яги мегеж кIкIвай гIадинаб. Амма гIайиб чIвачIого, берцинго абизе, малъизе беццараб буго.
Гьаниб рехсезе бегьила имам ШагIранияс «ЛатIаифул минаналда» хъвалеб жо: «Дица чиясе насихIат гьабула, гьев хIадурун ватани гьеб къабул гьабизе ва живго вугеб бакIалда», - ян. Гьеб ккола ШагIраниясда гIадамазул хIал бичIчIи ва гьезда рекъезаби. Гьединаб насихIаталъул пайда цIикIкIараб букIиналда щаклъи гьечIо. Аварагасги ﷺ гьедин берцинго гьабулаан. ГIемерисеб дагIват Аварагасул ﷺ берцинго бицун, лъикIаб тIабигIат, ритIухълъи бихьизабун гьабураб буго.
Амма цо-цояз жалго цогидазда цере лъикI рихьизелъун халкъалда цебе гьабула насихIат ва цо-цо мехалъ хъачIгоги. Гьеб бакIалда цо-цоязул дагIбацин ккола. Гьедин халкъалда цебе гьаби гIалимзабаз рикIкIуна инсан къватIив чIвазавилъун. РакI бухIун, гьевги вокьун насихIат гьабулев чияс, берцинго, живго гьев вугев бакIалда абула.
(«Анварул Бурукъ» ва «ЛатIаифул минан»)
Лъелъ гъанкъулев чи вихьидал, гьев хвасар гьавизелъун кIал биххизе кколеб бугони, гьеб биххизе бегьулищ?
Гъанкъулев чи хвасар гьавизелъун кIал биххизе бегьула, хIатта тIадабцин буго цогидав чиясул рухI хвасар гьабизелъун. Амма хадуб гьеб кIал бецIизе ккола. ЛъачIого кванарасда, лъим гьекъарасда гьесул хIукму релълъунаро.
(«Мугънил мухIтаж», «Фатава Гъазали»)
КъватIив хIалтIун ругьунлъичIев, ай гьединаб куцалда бетIербахъи гьабуларев чиясе паризаяб садакъаялдаса закагIат босизе бегьулищ?
Гьединав чияс закагIаталдаса бутIа босизе бегьула. Гьединго, закагIат босизе бегьула мурадалда рекъараб бетIербахъиялъе хIалтIи гьечIев чиясги. Амма гIалимзабаз абулеб буго, хIалтIун бетIербахъи гьабизе кIолев, сах-саламатав чиясе гьардезе хIалаллъуларилан. Гьединго, хъвадарун, вукъарун ва гьелда релълъарал, ай рокъорго гьаризе бегьулел хIалтIаби гьарун бетIербахъизе кIолеб бугони, гьеб теялъе гьесие нух гьечIо, гIадамаз кьурал садакъаби росиялъ гьесул къартI хвезабула.
(«Мугънил мухIтаж», «Фатава ал-Гъазали»)
Паризаяб черх чуризелъун чвердолелъул, бетIер-черх чурулаго сапун, шампунь бахине кколищ яги гIицIго лъим тIаде тIуни гIолищ?
Паризаяб черх чурулаго гьабизе ккола кIиго жо: байбихьулаго ният гьаби ва лъим киса-кибего щвезаби.
Ниятги гьабила тIоцебесеб лагаялде лъим тIолаго цадахъ. Гьебги гьабила: «Дица ният гьабуна паризаяб черх чури борхизе», ялъуни «Черх чуриялде хIажалъулеб жо хIалаллъизе», яги «Паризаяб черх чури тIобитIизе», - ян абун.
Лъим щвезабизе ккола киса-кибего, ай расазде, тIомалде. Малъал къунцIун гурони лъим гьезда гъоркье щолеб гьечIони, гьелги къунцIила. МагIарзукъалазда жаниб бижараб рас чуризе тIадаб гьечIо. Черх чуризегIан цебе рас тIурал бакIал ругони, гьенибеги щвезабила.
Сапун, шампунь бахин тIадаб гьечIо, лъим щвезе гьукъулеб жо тIаса инабуни гIола.
(«Мугънил мухIтаж»)
Ццим бахъиндал тIамураб цIар кколищ?
ЦIар тIамиялда аскIор хехдари лъикIаб гьечIо, щайин абуни, Аварагас ﷺ абун буго: «ХIалалал жалазул бищун Аллагьасул ﷻ ццим бахъунеб жо цIар тIами буго», - ян абун (Абу Давуд).
Ццим бахъинги батIи-батIияб тайпаялъул букIуна. ЦIар тIамулелъул гьабулеб жо бичIчIулареб, абурабги ракIалда гьечIеб хIалалда букIун батани, цIар кколаро, амма дагьа-макъаб бахъараб ццим сабаблъун тIамун батани, цIар ккола.
Гьадинал суалалгун росдал яги ругеб бакIалъул имамасухъе ун, мухIкан гьабуни, лъикIаб букIина.
(«ИгIанату тIалибин»)
ГьитIинаб мехалда дун пуланай гIаданалъ жиндирго ясазул цоялда цадахъ хахизавун вуго. Дица гьей гурей гьелъул цогидай яс ячине бегьулищ?
Къуръан-хIадисалда буго хахи сабаблъун хIарамлъулин анкьгоялин абун. Гьелги ккола: хахиялдалъун лъугьарай эбел, яц, вацасул яс, яцалъул яс, эбелалъул яц, инсул яц ва хахиялдалъун лъугьарай яс - гьей ккола дур чIужуялда хахарай яс. Гьал ккола дуе махIрамиял руччабилъун. Муслим Бухарияс ГIаишатидасан бицараб хIадисалда буго: «Рахьдал гIагарлъиялъ хIарамаблъун гьабула, насабалъ хIарам гьабулеб жо», - ян. Гьединлъидал, гьелъул цогидай яс ячинеги хIарамлъула.
(«Фикъгьул мангьаж»)
ГIашура къоялъ мугь баялъул хIикмат щиб?
Абу СагIид ал-Худрияс бицараб хIадисалда буго: «Жиндир хъизан-лъималазе ГIашура къоялъ гIатIилъи гьабурав чиясе Аллагьас ﷻ тIубараб соналъ гIатIилъи гьабула», - ян. ГIатIилъи гьаби букIуна кванилъ лъимал рохизариялъулъ. Ибну ХIаж абулев гIалимас хъван буго: «Агьлу-хъизамалъе, гIагарлъиялъе ва мискинзабазе гIатIилъи гьаби, нафакъа цIикIкIинаби, садакъа кьей - суннатаб жо буго. ГIашура къоялъ тIагIамал гьари, мугь бай - агьлу-хъизамалъе гIатIилъи гьабиялдасан ва гьединго садакъа гьабиялдасан ккола.
(«Мадхалубини хIаж», «ФатхIул гIалам ва ТагIникъ»)