Аслияб гьумералде

Ургъел щай гьабулеб?

Ургъел щай гьабулеб?

Гьаб заман буго ургъалаби гIемераб. Гьедин бугин абун, нилъ рукIине бегьуларо кидаго рахIатхун. Кинаб хIалалде кканиги, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кумек гьабула. Гьес ﷻ нилъ рехун толаро. Гьес ﷻ нилъее кьун буго хирияб Къуръан ракIалъе сахлъи гьабулеб ва тун руго рикIкIен гIемерал насихIатал хьул къотIиялдаса ва хIинкъиялдаса хвасар гьарулеб нух бихьизабулел.

 

Хирияб Къуръаналда буго (магIна): «Нижеца Къуръаналъулъ рещтIинабула муъминзабазе сахлъилъун ва рахIматлъун бугеб», - абун (сура «Ал-Исраъ», 82 аят). Гьедин сахлъи ва рекIее парахалъи гьабулеблъун буго сура «Аш-ШархI» ва Аллагьасде ﷻ гьабулеб таваккал. Гьеб кIиялъго бачIинабула рекIее парахалъи, сверухъ бугебщинаб биххун унеб бугониги.

 

Рагьун абулеб буго

Кинаб бугониги хIинкъи бугони, тохлъукьего рахIатхун лъугьани, эбел-инсуца лъимал каранде къала ва абула: «ХIинкъуге, кинабго лъикI букIина», - абун. «Аш-ШархI» сураги нилъее Аллагьасул ﷻ рахъалдасан ракI гIодобе биччазабилъун, Гьесул ﷻ кумекалъулаб квер гIадаб жо буго. Гьаб сура нилъер Аварагасухъе ﷺ рещтIарабги букIана Маккаялда вукIаго захIматаб заманалда гьесул рекIел хIал хьезе ва парахалъи щвезе.

Гьеб сураялда буго (магIна): «Нижеца (БетIергьанас) дур каранда рагьун (бацIцIад гьабун) гурищ (гIатIид гьабун, иманалъул нуралъ гвангъизабун, дур рухIалда, дур рекIелъ бакI бижизабураб)?!» - ан («Аш-ШархI», 1 аят). Аяталъулъ суал кьун абураб къагIида бугониги, гьелда жаниб буго къотIи гьаби, захIмалъиялда цадахъ бигьалъиги билълъунеблъи, бигьалъиялда хадуб талихI щвей.

Ургъел, чорхол гьаби ккола нилъеца баччулеб захIматаб гьир. Гьелъ нилъ сваказарула ва гIумруялдаса рохел бихьизе толаро. Аллагьас ﷻ абуни, рагIи кьун гьеб къварилъи нахъе босулин, нилъ Жиндихъе ﷻ руссун гьарулеллъун ругони. Сураялъул хадуселда буго (магIна): «Ва хIакъикъаталдаги, захIмалъиялда цадахъ бачIуна бигьалъи (цо жоялда жаниб захIматаб батани, гьебго заманалда цогидаб жоялда жаниб бигьалъиги загьирлъула)», - абун («Аш-ШархI», 5 аят). Амма бищунго аслияб жо буго гьаб сураялъулъ кIиго нухалъ такрар гьарурал рагIаби: «Ва хIакъикъаталдаги, захIмалъиялда цадахъ бачIуна бигьалъиги», - абурал.

Цинги хIисаб гьабе, бищунго хIалуцараб хIинкъиялдагицин ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъее цебеккунго хIадурун букIуна гьелдаса рахъун ккезе нух. Гьебги ккола бецIаб сардил ахиралда рогьел баккун щолеб канлъи гIадаб жо. РахIатхвейги гьебго жо буго, гьебги тIаса уна, бигьалъиги щола. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьедин абунги буго. Амма аслияб жо, щибаб хIалалъулъ Гьесул ﷻ къадаралда рази рукIин, рахIат щведал хадуб шукру кIочонгутIи. Сураялъул ахирисел аятазда абураб кинниги (магIна): «(Ишаздаса) эркенлъараб мехалъ, хIаракат бахъе (гIибадаталъе) ва БетIергьанасдехунги русса», - абун («Аш-ШархI», 7-8 аят).

 

БукIинеселъул ургъел

РакIалде ккола кинабго нилъеда бараб бугин, хIаракат бахъула щибаб жоялда тIад хъаравуллъи гьабизе. ХIакъикъаталдаги нилъеда кIоларо гIемераб жоялда тIад кверщел гьабизе. Гьеб кIолареблъи бичIчIараб мехалъ лъугьуна гIемерисеб нухалъ чIвачIвадиги, кколаребщинаб жоялъул ургъел гьабиги.

Диналъ нилъее кьолеб буго нух, таваккул абун жинда цIар бугеб. Таваккал гьабиги кколаро «щибго гьабичIогоги чIун, кинабго рехун тей». Гьеб ккола бажарараб гьаби, кIолареб Аллагьасде тIамун тей.

Чияс гьабула дару, мурад тIубазе хIалтIизарула батIи-батIиял сабабал, гьеб лъикIаб ишги буго. Амма ургъел гьабун, «хадуб щибдай ккела» абурал пикрабазда ругони, абизе ккола: «Дица дирго хIалтIи гьабуна, хIасил ккей Аллагьасдасан ﷻ буго», - ян. Гьедин, Аллагьасда ﷻ мугъчIван гьабулеб бугони, хIасил ккола. ХIадисалда буго: «… дуе (дунял-ахираталда) пайда кьолелде цIакъ бахъе, кумекги Аллагьасдасан гьаре, гьабулелъулъ загIиплъиги бихьизабуге. Дуе щиб букIаниги ккани, дуца абуге: «Дица гьадин гьабун букIарабани, гьадинги-гьадинги ккезе букIана!» - абун. Абе: «Аллагьас къадар гьабуна ва Гьес Жиндиего бокьухъе билълъанхъизабуна», - ян (Муслим).

Имам Гъазалияс хъван буго, ургъалабазул аслу кколин нилъер кверщаликь гьечIеб жоялде ракI жубай. Даруги кколин Аллагьасда ﷻ ракIбацIцIадго божилъи гьаби ва Гьесул ﷻ амру гьечIого щибго жо кколареблъиялда ракIчIей букIин. РакI Аллагьасда ﷻ хурхиндал, гьелъие парахалъи щола.

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандияс «ЛъикIал тIабигIатазул ах» абураб тIехьалда хъван буго Бишр ал-Хафияс абурал рагIаби: «Цо-цояз гьереси бицуна жидеца Аллагьасде ﷻ таваккал гьабулинги абун. ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ таваккал гьабулеллъун гьел рукIаралани, Гьес ﷻ жидее гьабулебщинаб жоялдаса гьел рази рукIинаан», - абун. Щайгурелъул, хIакъикъаталдаги таваккал гьабулевлъун чи вугеб мехалъ, гьесие сунцаго рахIатхвей гьабизе кколаро.

Гьединаб хIал черхалде щведал, нахъе хъамизе кумекалъе руго Аварагас ﷺ рехсарал цо-цо малъа-хъваял. Масала, «ХIасбунаЛлагьу ва нигIмал вакил», «Ла хIавла ва ла къуввата илла биЛлагь», «Таваккалту гIала Ллагь», «Аллагьумма инни агIузу бика минал гьамми вал хIазан» абурал калимаби.

ХIинкъиялъул лахIзатал тIаде рачIиндал гьал рагIаби ва тIадехун рехсараб сура такрар гьабе, Аллагьас ﷻ бигьалъи гьабила рекIелъе парахалъи лъугьине. Щайин абуни, гьезулъ ругелъул: «Дун цохIо гьечIо, Аллагь ﷻ дида цадахъ вуго, Гьев ﷻ дие гIела», - абурал магIнаби, Аллагьас ﷻ кумек гьабула, Гьев ﷻ ккуни! «Гьев вуго муъминзабазул ракIазулъе, гьезул иман цIикIкIинабизе, парахалъи рещтIинабурав» (суратул «ФатхI», 4 аят).

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


РухӀияб централда мажлис

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афанди ва муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатова гӀахьаллъана ГӀиса аварагасул цIаралда бугеб РухӀияб централда Щулани росдал гӀадамаз гӀуцӀараб шукруялъул мажлисалда. Гьеб тадбир гIуцIун букIана МухӀаммад аварагасул ﷺ цIаралда бугеб мажгиталъуб чIабар...


ГIибадатлъун жиб кколеб

ДугIа ккола инсанасдаги Аллагьасдаги гьоркьоб бугеб рухIияб кьо. Кьоялда тIасан цогидаб рахъалде щвезе кIолебгIадин, гьанибги Аллагьасде ﷻ ахIи базе ва Гьесде гIагарлъизе кIола.   Аварагасул ﷺ хӀадисалда буго: «ДугӀа ккола гӀибадаталъул нах», - ян (ат-Тирмизи). ДугӀаялъул...


Нужее баяналъе

«Салул гамайилан» сунда абулеб? – Вараниялда. Аварагзабазул рикIкIен рехсараб аят щиб? – Сура «ан-Ниса». Щиб сураялъулъ кIиго нухалъ басмала рехсараб? – Суратул «ан-Намлалда». Адам щиб къоялъ вижарав? – Рузман...


ХIикматал махлукъатал

Руз   Руз ккола дунялалда ругел бищунго гIажаибал ва хIикматал хIанчIазул тайпабазул цояб. Абула гьезул бугин 200-250 гIанасеб тайпа. Гьел дандчIвазе бегьула киса-кирего. Руго чIахIиялги, гIисиналги.   Гьанжесеб заманалъул бищун кIудияб рузлъун рикIкIуна Россиялда, Китаялда ва...


ГIолохъанал гIалимзабигун дандчIвана ГIолилазул форум

Гьал къоязда Хасавюрт шагьаралда тӀобитӀараб, Саидбег Даитовасул цӀаралда бугеб къецалда бергьарал гӀолохъанал гӀалимзабазегун хӀафизазе гьоболлъи гьабуна Дагъистан республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Данделъиялда шайих АхӀмад-афандица баркана щварал бергьенлъаби ва бицана диналъе...