Аслияб гьумералде

Ассаламалъ цолъи цIуниялде ахIула

Ассаламалъ цолъи цIуниялде ахIула

Ассаламалъ цолъи цIуниялде ахIула

Интернеталда батана «Ас-салам» газета тIибитIизабулелгун къеркьезе кколин масъала цебелъураб, нилъер пачалихъалъе гIадатияллъун ругел диниял маданиятал, гьезда гъорлъ исламияб ва насранияб, цоял цоязде данде кколел роликал.

 

Нилъер улкаялда экстремизмалъул бербалагьиял тIиритIизе гурин ургъел ккарал батIи-батIиял жамгIиял багъа-бачариязул жигарчагIазул ургъелги бичIчIула. Амма киназего баян кьезе бокьун буго «Ас-салам» газеталъул редакциялъул советалде гъорлъе Россиялъул батIи-батIиял регионазул бусурбабазул официалиял рухIиял церехъаби унин абун: Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-хIажи ГIабдулаев (гьев вуго редакциялъулаб советалъул председатель), Татарстаналъул муфти Камил-хIазрат Самигуллин ва Карачаево-Черкессиялъул муфти, Северияб Кавказалъул бусурбабазул централъул председатель ИсмагIил-хIажи Бердиев. Гьел церехъабаз бетIерлъи гьабулел официалиял диниял гIуцIабаз гIемерал соназда жаниб гьоркьоса къотIичIого къеркьей гьабула жиб диниябин чIараб экстремизмгун ва бусурбанаб халкъалъул гуребги, динал гIемераб тIолабго Россиялъул халкъазул ихтиярал цIунизеги.

Дагъистаналъул муфти АхIмад-афандие кьун буго гIурусазул насранияб килисаялъул тIадегIанаб шапакъат – «Машгьурлъиялъул ва намусалъул» орден. Гьединго газета тIибитIизабиялда дандечIолезул кIвар буссинабизе бокьун буго къадру, божилъи бугев, насранияб диналъул вакил, исламовед Роман Силантьевасул гIелмиял макъалабазде. Гьес «Ас-салам» газета рикIкIуна гIадатиял бусурбабазул кумекчилъун ва пикру буссинабулеб буго газета радикалиял чвахиязе рихараб букIиналде, гьезул жамгIиятгун тIубанго данде кколареблъун букIиналдеги.

Газеталъул гIемерал шапакъаталги руго. Масала, «ДРялъул ХIурматияб грамота» ва ДРялъул Миллатазул ва диниял ишазул министерствоялъул хIурматияб гIаламат. «Ас-саламалъ» экстремизмалъе, терроризмалъе ва неонацизмалъе дандечIеялъе кIудияб квербакъи гьабула.

Гьелъул щибаб номералда руго миллатазда ва диназда гьоркьоблъи рекъонккеялда ва Россиялъего гIаммаб гражданияб цолъи букIинабиялда хурхарал материалал.

Газеталъ Россиялда бугеб маданияталъулаб, миллатазулаб ва диналъулаб гIемерлъиялъухъ жамгIияталда адаб-хъатир куцала. 1994 соналдаса байбихьун экстремизмалдаса ва терроризмалдаса бугеб хIинкъи халкъалда бичIчIизабулеб аслияб рупорлъун букIана ва буго рухIиябгун динияб лъай тIибитIизабулеб «Ас-салам».

ХIакъикъат тIалъула экстремалиял лъугьа-бахъиназул заманалда. Пачалихъалъе захIматал ахIвал-хIалазул мехазда Дагъистаналъул муфтияталъ цо нухалъ гуро бихьизабураб нилъер гIаммаб ВатIан Россиялъул цолъи цIунизе ракI-ракIалъулаб тIалаб-агъаз гьабулеблъи.

 1999 соналъ халкъазда гьоркьосел хъачагъазул гIуцIиял, исламиял лозунгалгун Дагъистаналда кIанцIараб мехалъ, муфти АхIмад-хIажи ГIабдулаевасул бетIерлъиялда гъоркь, республикаялъул диниял хIаракатчагIаз бичIчIизабуна дагъистаниязда гьел лозунгал гьересиял рукIин. Гьелда тIадеги, жал диниялин чIарал террористазул аслияб масъала дин цIуни гуреблъи, жидерго политикиял къасдал тIуразари рукIинги баян гьабуна.

Доб заманалда Дагъистаналъул муфти, рухIияв цевехъан хIисабалда, Дагъистаналъул халкъияб бодул (ополченцазул) бетIерлъуда ахIичIого рачIарал «гьалбадериде» данде вахъана. Гьеб сабаблъун ВатIан цIунулезул гъира жеги цIикIкIинабизеги кIвана. Дагъистаналъул цолъи, халкъазул маданият ва дин цIунана.

Гьел лъугьа-бахъиназулъ цолъи цIуниялъулъ ДРялъул муфтияталъул хIалтIи Россиялъул президент Владимир Путиница ва хIинкъи гьечIолъиялъул органазул специалистаз чанги бакIалда рехсана.

2000-абилел ва 2010-абилел соназда Северияб Кавказалда ва Дагъистаналда гьересияб террор хIаракатаб куцалда тIибитIарал соназда, бищун цебе ДРялъул муфтияталъ къвакIун цIунана исламалъе терроризмалъулал методал дандеккунгутIиялъул пикру. АнцI-анцI имамас рухIги кьуна.

 СВОялъул байбихьудасаго ДРялъул муфтияталъ Россиялъул позиция ва россиялъулазул идеологиял ихтиярал щулаго ккун руго. Муфтияталъ бажарарабщинаб кумек гьабула СВОялда гIахьаллъулезе, гьезул миллаталъухъ ялъуни диналъухъ балагьичIого.

 Халкъалъухъе гьел пикраби щвезаризе кумек гьабула «Ас-салам» газеталъ. Жакъа кидагоялдаса цIакъ кIвар буго киназулго хIаракат цолъизабизе, нилъергун гьоркьоблъи гьечIел пачалихъазул идеологияб гьужумалдаса улка цIунизе. Гьел пачалихъазе къваригIун буго нилъер общество жаниса бикьизе, миллияб, динияб ва цогидалги гIаламатазде балагьун.

Пайда босизе буго Россиялъул киналго СМИязул ресаздаса, гьездаго гъорлъ «Ас-салам» газеталъул къуваталдасаги ВатIаналъе лъикIлъи букIиналъе гIоло.

 

Баян

«Ас-салам» газета динияблъун кколаро ва гьелъ дин тIибитIизабиялъул хIалтIи гьабуларо. Гьеб информация, газеталъул къватIибе биччараб бакI, заман ва цогидалги баянал рехсараб бакIалда кьунги буго. Гьелда тIадеги, изданиялъул учредительлъун динияб организация кколаро. Газеталъул хIалтIи гIицIго информация тIибитIизаби буго. Гьебги Россиялъулаб законазда рекъон. Гьединлъидал жамгIияталда гьоркьоб газета тIибитIизабиялъулъ щибго гьукъараб жо гьечIо. Гьелда тIадеги, газеталъул хIалтIуе кинаб бугониги квалквал гьаби ккола законалъул 13.16 КоАП РФ ва 144 УК РФ статьяби хвезарилъун, гьезда рекъон СМИялъул эркенлъи хвезаби бихьизабун буго административияб ва уголовнияб жавабчилъиялде гъоркье кколеб ишлъун.

ДРялъул Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министерство

 

ГIурусалдаса бусcинабуна Барият МухIаммадовалъ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...