Аслияб гьумералде

ХIадис балъаргъани…

ХIадис балъаргъани…

ХIадис балъаргъани…

ХIурматияб диналъул агьлу. ГIелму цIали хирияб букIин баян гьабулел аяталгун хIадисал гIезегIан руго. Имамзабазул вагIзабаздасан, диниял тIахьаздасан нилъеда гьелъул бицунеб гIемер рагIула ва дандчIвала. ХIатта гьелда сверухъ гIуцIарал тIахьалцин руго. Гьел киназго баянги гьабула гIелмуялъул хиралъиги жагьлуялъул бецIлъиги.

Гьаниб рехсезе бокьун буго цо хIикматаб хIадис. Бичасул аварагас ﷺ абуна: «Малаикзабаз жидер куркьбал тIамула гIелму тIалаб гьабулел чагIазда гъоркь, гьез тIалаб гьабулелда разилъиялъ», - ян. Гьез куркьбал тIамулаян абураб рагIиялъул магIна ккола, гьел ругеб мажлисалде малаикзаби рачIунин, гьез мутагIилзабазул хIурмат гьабулин ва кIодо гьарулин, гьел мурадалде щвезе кумек гьабулин, тушбабаздаса цIунулин абураб.

Куркьбал гъоркь тIамулин абураб жоялдаса унго-унгоги хIатIакь куркьбал тIамулин абураб магIна бичIчIула цо-цоязда. Цогидал гьелда божуларо. Гьединазул хIакъалъулъ ккараб къиса бицинин, «Бустан» абураб тIехьалда Наваияс, Закария Ас-сажиясде гIунтIизабун бицараб: «Ниж рукIана Басраялъул къотIносан унел, мухIадисасул дарсиде. Гьедин унаго нижеца гали хех босана. Нижеда цадахъ вукIана лъикIав гурев чиги. Ниж гIедегIун унел рихьарав гьес абуна, малаикзабазул куркьбаздаса хIатIал тIаде росе, гьел рекизе гурин абун. Гьеб бакIалдаса вахъинчIого гьесул хIатIалги ракъван, гьев чи гIодов ккана», - ян.

Гьединаб къисмат букIуна Бичасул аварагасул ﷺ хIадис балъаргъунеб бугони.

Цоги къисаялда буго, хIадис цIалулезда гъорлъ вукIанила ХалигI абурав чи. Гьаб цебе рехсараб хIадис рагIидал гьесда ракIалде кканила гьелъул хIалбихьизе. Хьитазда гъоркь магIалги чIван гIодоб бакI мерхьине лъугьанила гьев, жинца малаикзабазул куркьбал мерхьине ругинги абун. БегIерал магIал хьитазда гъоркьги чIван вахъарав гьесул хIатIал гангрена унтиялъ ккунила. Цоги бакIалда абулеб буго, квералги хIатIалги ракъванила гьесулин абун.

Гьалеха, диналъул агьлу, гьадинаб къисмат ккун буго Бичасул аварагасул ﷺ хIадис балъаргъине лъугьаразул.

Аллагьас цIунаги нилъ хирияв аварагасул ﷺ хIадисазде данде рахъиналдаса! Амин!

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...