Аслияб гьумералде

ЛъикIаб гIамалалъ берцин гьарула

ЛъикIаб гIамалалъ берцин гьарула

Инсан лъазе ккани, цIамул гьир цадахъ кваназе кколин абураб аби буго нилъер.

 

ГIемераб халлъула гIадамазда гьоркьоб чиясул тамахлъи яги хIеренлъи загIиплъилъун яги хIинкъилъун рикIкIунеб. Цо-цо чагIазда ккола жиндие лъикIлъи гьабурав чи кидаго налъулавлъун вукIине кколинги. ГьабичIого тани яги бажаричIого хутIани, бадибчIваялги гьарула. ГIажаиблъи гьабулеб жо, жиндир ракIбухIун бугеб гIадин цересанги рукIун, нилъедаса рикIкIалъидал ратула кIиго тIадги лъун нахъасан хабар бицунел. КIочене бегьуларо кIигьумерчиясул тIабигIатазул цояб кколеблъи къотIуе хиянатлъи. Гьединго гьеб цIакъ рокьукъаб пиша бугеблъиги. Бусурманчиясда рекъоларо гьединаб гIамал. Щайгурелъул, муъмин ккола жиндаса диналъул вац-яцазе зарал гьабурав чи. Киданиги кIочене бегьуларо нилъер ахир руссунеб бакI Ахират бугеблъи. Аллагьасдаги лагъасдаги гьоркьоб бугеб мунагь, кигIан кIудияб бугониги, тавбу гьабуни хадуб чурула, амма кIиго лагъасда гьоркьоб бугеб жоялдаса Халикъ тIаса лъугьунаро, дов лъугьинчIони. Гьединлъидал гьеб буго цIакъ цIодорлъи гьабизе ккараб жо.

Инсан берцин гьавула лъикIаб тIабигIаталъ. Квешал ахлакъаздаса рацIалъизе ккани, Аварагасул ﷺ гIумру, тарих лъазе ккола. Аллагьас нилъ киналго цIунаги диналъул вац-яцазул ракI бекулеб хиянатаб гIамалалдаса. Амин.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...