Аслияб гьумералде

Инсанасул талихI

Инсанасул талихI

РатIлица чийин, чоца багьадурин абухъего батила, цо-цо чагIаз инсанасе къимат кьола гьесул ратIлихъ ва чвантихъ балагьун. Гьебин абуни буго бокьараб къоялъ тIаса ине рес бугеб жо.

 

ЧIухIарав, пахруяв, гIадамазде бер-ракIго щоларев, мискинасе кумек гурев, загIипасда гурхIел гурев, хъачIав чиясдаса щиб пайда бугеб жамгIияталъе? Лъие хIажат бугеб гьединасул берцинлъи, узданлъи, бечелъи?

Мискинлъиялъ къвал барал ругониги, рукIуна гIадамал аскIор ругезул ургъелги гьабулел, язихъасда кверги чIвалел, вакъарасе квенги, къечарасе лъимги кьолел, хIажат ккедал жамагIаталда цадахъ къватIиреги рахъунел. Гьанже пикру гьабеха, кинал гьезул талихIаллъун ругелали?

Инсанасул талихI гIуцIун буго лъабго жоялдасан: Аллагьасе рецц гьабулеб ракIалдаса, Аллагь рехсолеб мацIалдаса ва сабуралда бугеб черхалдаса. ТалихIалъул хIакъалъулъ кигIан гIемерал тIахьал цIаланиги щиб, гьеб батизе гьечIелъул гьаб лъабабго гIамалалда тIадчIей гьабичIони. Гьаб лъабабго гIамал нилъелъ камиллъани нилъ лъугьуна ракьалда лъикIлъи бекьулезул мухъилъе, лъикIал ишал гьарулезул кьеразулъе.

Аллагьасул Каламалдаги бугелъулха: «БетIергьанасда жалги божулел, жидеца лъикIал ишалги гьарулел бихьиналги руччабиги лъугьуна алжаналде…», - ян.

 

МухIамадхIабиб МахIатIов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...