Аслияб гьумералде

Ле, гIадамал, бачунге мехтун машина

Ле, гIадамал, бачунге мехтун машина

Ле, гIадамал, бачунге мехтун машина

Рокъове вачIуневщинахъе къваригIараб-тараб босизе тукаде ваккула дун. Цо къоялъ тукадаса хIажатаб жо босулев вукIаго дида рагIана гьитIинав, 6-7 сон барав гIадав васасулги тукенчIужуялъулги гаргар. Васасе къваригIун букIана кинабалиго ясикIо бичун босизе, амма гьелъухъ кьезе гIураб гIарацги гьечIого цIакъ тату хвараб хIалалда вугоан гьев.

Дун вихьидал, гьес дир хъатинибе бана гIиссинаб гIарац ва абун дуца рикIкIейила гьаб, ясикIо босизе гIураб гIарац духъ гьечIин тIирун чIун йигин тукенчIужу. ЯсикIо босизе гIураб гIарац гьесухъ гьечIеблъи бихьулеб букIаниги, васасул ракI къварид гьабизе бокьичIолъиялъ дица гьеб рикIкIана ва ясикIо босизе гIураб гIарац духъ гьечIоха, гьудулавчийилан абуна. Угьун хIухьелги биччан, щиб гьабилебалиги лъаларого, цого бакIалде валагьун хутIарав васас, кин бугониги кодоса биччалеб букIинчIо босизе бокьараб ясикIо. Дида бихьулеб букIана гьесие гьеб цIакъго хIажат букIин. КигIанго цIакъ рокъове гIедегIун вукIаниги, яхI гьабизе кIвечIого дица васасда цIехана гьеб лъие кьезе дуе бокьун бугебилан. Гьев пашманго дихъ валагьун вачIиндал, дида рихьана гьесул чIегIерал берал магIил цIун рукIин. Амма гьес хIаракат бахъулеб букIана къвакIун чIезе, риччарал берал дидаса рахчизе.

- Гьаб ясикIо босизе цIакъ бокьун букIана дир яцалъе. Жакъа-метер босилилан тун букIана рес рекъезегIан. Гьанже дие бокьун буго гьелъул гьаюраб къоялде ясикIо яцалъе сайгъат гьабизе. Дуда лъалищ, даци, гьей Аллагьас Жинхъего ахIун ана. Гьанже гьелда хадуй ине ракIалда буго эбелалдаги. Дие бокьун буго гьаб ясикIо эбелалъухъеги кьун яцалъе битIизе, - ян гьев васас бицине байбихьидал, дир рекIел тIиналдаса цо щибалиго тIун арабгIадаб асар лъугьана.

- Лъица дуда абураб эбел гьелда хадуй ине йигилан, - абун гьикъана дица.

- Дадаца абуна. Гьес абуна яц Аллагьас Жиндихъего ячун анин ва гьанже эбелги Аллагьасухъе уней йигин, - абуна васас. – Амма дица инсуда гьарана дун вачIинегIан эбел киениги йиччагейилан. Гьале нижер цадахъаб суратги. Гьабги гьалдаго цадахъ ясикIоги бокьун букIана яцалъе битIизе, гьелда дун кIоченчIого вукIине. Дуда лъалищ, даци, дие цIакъго цIакъ йокьула эбел. Дие бокьун гьечIо гьей кие бугониги инеги. Амма инсуца абулеб буго гьей ине кколин, гьелъул яцалде ракIщун бугин…

Щиб абилебали лъаларого цIоро-гъорон хутIарав дица васасухъ букIараб гIиссинаб гIарац нахъе босана ва рачIа цоги нухалда рикIкIинейилан абуна. Васги разилъана, дица гьеб мекъи рикIкIун батизе рес бугин цо ричIчIуларел жал рицине лъугьана. Гьесда бихьуларедухъ, дирго чвантиса тIад гIарацги лъун, нижеца ясикIо босана. ТIадежоялъе, тукенчIужуялъ нахъе дагьабго гIарацгицин кьуна, цIикIкIун кьун букIун бугиланги абун. Гьеб мехалда, кодоб ккураб ясикIоги каранде къан, гьес абуна баркала бугила Аллагьасе гьаб гIарац жиндие кьуралъухъ.

- Нолъ-къаси кьижилалде цебе дица Аллагьасда гьарун букIана ясикIо босизе гIарац. Бихьулищ, гьес дир гьари къабулги гьабун дие гIарац кьуна. Амма эбелалъе хъахIаб роза босизеги бокьун букIана дие. Гьеб босизе гIарац дица Аллагьасда гьарун букIинчIониги, Гьес гьеб босизеги кьун бихьуларищ, - янги абун воххун лъугьана вас ва нахъеги бетIерги дализе биччан, къваридго абуна: «Дир эбелалъе цIакъ рокьула хъахIал розаби», - ян.

Гьеб хабарги дие бицун, кьвагьараб гулла гIадин вас тукадаса къватIиве кIанцIун ана, дунги дирго ишалде вуссана. Рокъове щведал, столалде тIаде рехун рукIарал газетал цIализе лъугьана. Гьелъул цоялда хъван батана кIиго къоялъ цебе цо мехтарав чияс машинаги речIчIизабун эбелги ясги больницаялде кканин ва гьений яс къадаралдеги щванин. Эбелин абуни цIакъ захIматаб хIалалда йигин. «Унго, дов васасул яцгун эбелцин гурелдай гьел», - абурал пикраби ххенезе лъугьана дир ботIролъ. Жакъа бачIараб газеталдайин абуни хъван бугоан авариялде ккарай эбелги къадаралде щванилан…

ХъахIал розабиги росун хабалазде вилъана дун. Гьенир ругоан гIолохъанай гIадан юкъулел гIадамал… Жаназаялда аскIоб лъун бугоан доб ясикIоги, суратги, цо хъахIаб розаги...

Гьениб, ай хабалаздаги чIун ахIизе бокьун букIана дие: «Ле, гIадамал, бачунге мехтун машина. Нужеца нужерго гуребги хвезабулеб буго гIумру», - ян.

ХIабиб МухIаммадов

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


ИсмагIиловас гIахьаллъи гьабуна

ДРялъул муфтияталъул председатель Мурад ИсмагIиловас гIахьаллъи гьабуна республикаялъул гIелмиябгун практикияб конференциялда. Гьеб тIобитIана Юстициялъул тIолгороссиялъул пачалихъияб университеталъул базаялда – Северияб Кавказалъул институталда (МахIачхъала шагьар). Гьениб кIалъазе вахъарав...


МичI ва гьелъул пайда

МичI ккола некIо заманалдаго гIадамаз дару-сабаб гьабизе ва квен-тIехалъе хIалтIизабулеб букIараб пер-хер. Гьанже гьарурал цIех-рехазда лъазарун руго гьелъул витаминазул ва хIалтIизабизе бегьизабун буго батIи-батIиял сабабазе.   Ихдал кванил нигIматал дагьлъараб мехалъ, гьелъул хъархъаздасан...


Камилаб какил баракат

Хириял бусурбаби! ГIемеразул букIуна гIарз, магIишат данде билълъунарого бугин абун. Гьелги гIемерисел какго баларел ратула, балеб бугониги, щибго гьелъул кIвар гьечIел. ХIатта как базе заман гIоларин абулелцин ратула. Аллагьас ризкъи киназего кьола, амма кантIе, как-кIалги тун,...


Муъминчиясул хасият

Иман щулалъиялъе, рухIияб рахъ камиллъиялъе ва напсалъул гIодорегIанал хасиятал лъикIлъиялъе квербакъи гьабулел аслиял жалазул цояб ккола гурхIел-рахIму гьаби.   Гьеб ккола инсанасул цогидаздехун бугеб гурхIел лъикIлъи, лъикIал къасдал рихьизариялъе бищунго тIадегIанаб хаслъи....


Тебетараб хоно

Инсанасул гӀумруялъе хӀажа-табщинаб бижарав, нилъеда рикӀкӀун хIалкIоларел гӀемерал нигӀматал нилъее кьурав, гӀаламалъулго БетӀергьан Аллагьасе ﷻ буго рецц. Гьединал нигIматазул цояб ккола гӀанкӀодул хоно - гӀадатияб ва хӀалтӀизабизе рес бугеб, сахлъиялъе гӀемераб пайда кьолеб...