Аслияб гьумералде

Малик ибну Динар

Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.

 

Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел хӀадисал. Малик ибну Динарие асар гьабуна табигӀиназул вализабаз. Гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола МухӀаммад ибн ВасигIица.

Цо нухалъ Малик ибну Динар МухӀаммад ибну ВасигӀгун цадахъ гӀодов чIола. Гьез гӀумруялъул ва ризкъиялъул хӀакъалъулъ бицунеб букIана. Маликица абула: «Инсанасул жиндирго кванил нигӀматазул нахърателал рукӀин лъикӀаб жо буго, гьелдалъун гӀумру гьабизе кIолеб», - ян.

Гьелъие МухӀаммад ибну ВасигIица жаваб кьола: «ТалихI бугев чи вуго къаси квен гьабизе ресги бугев, жиндиего къаси квен батуларев яги къаси квен бугев радакь квен батуларев чи, гьелдаго цадахъ гьев чи ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ разияв вуго», - ян.

Сулайман Таймияс Маликил хӀакъалъулъ абуна: «Малик ибну Динаридаса дунял тарав чи дида киданиги вихьичӀо», - ян.

Малик ибну Динар гӀемер гӀодулаан Къуръан цӀалулаго ва гьелъухъ гӀенеккулаго. Къуръаналъул амру гьес кьварун тӀубазабулаан. Жиндирго гӀумруялда жаниб гьесда кӀвана гӀемерал гӀадамазе асар гьабизе ва гьел хӀакъикъаталде рачине.

Цо къоялъ цӀогьор лъугьуна Маликил рокъове, амма гьесда босизе жо гьениб батуларо. ЦӀогьор нахъе унев вукIаго, Маликица гьесде ахӀула: «Дуда гьаниб дунялалъул жо батичӀищ, ахираталъе пайдаяб щвезе бокьун батила дуе?» - ян.

Маликица абула: «Какие чуре ва кӀиго ракагӀаталъул как бай», - ян. ЦӀогьорас Маликица абураб куцалъ гьабула. Хадуб гьел цадахъ мажгиталде унеб мехалъ, Маликида гьикъула гьев чиясул хӀакъалъулъ. Маликица абула: «Гьев дихъе жо бикъизе вачӀун вукӀана, амма дица гьев живго викъана», - ян.

Малик ибну Динарица абуна: «Гьаб дунял тӀагӀунеб меседалдасан гьабураб букӀарабани, ахират абадиялъго хутӀизе бугеб хӀарщудасан гьабураб букӀарабани, нилъеца тӀаса бищизе кколаан абадиялъго хутӀизе бугеб хӀарщ, тӀагӀине бугеб меседалдаса», - ян.

Малик ибну Динар хвана гьижрияб 127 соналъ.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...