Аслияб гьумералде

Божилъи гьабизе бегьулевлъун вукIана

Божилъи гьабизе бегьулевлъун вукIана

Божилъи гьабизе бегьулевлъун вукIана

Цере рукIарал имамзаби ккола бергьарал гIалимзаби. Гьез кIудияб кIвар кьуна шаргIиял гIелмаби малъиялде ва гьеб цебетIезабиялде. Масала, имам Бухарияс анцIаза-азар километр нахъа тана хIадисал ракIарулаго. Жакъа нилъеца гьебщинаб захIмалъизе баччизе кколаро.

 

Щибаб росулъ, шагьаралда санагIалъаби чIезарун руго. Гьез цIунана бацIцIадаб гIакъида ва Аварагасул ﷺ суннат. Гьединал имамзабаздасан ккола Сабит ал-Бунани абурав машгьурав табигIун. ТабигIунин абула асхIабазаби рихьарав ва гьезда нахъвилъарав чиясда. Гьесда вихьана Анас ибн Малик. Гьев кколаан чахIиял асхIабзабазул цояв ва Аварагасе ﷺ анцIго соналъ хъулухъ гьабурав чи. Сабит Бунанияс Анасидасан чанго хIадис рехсана.

Имам Тирмизияс «Шамаил» абураб тIехьалда хъван буго ХIусейн ибн Асвад Багъдадияс бицанин ГIамр ибн МухIаммадидасан, гьесги ГIиса ибн ТIагьманидасан ва гьесги Сабит ал-Бунаниясдасан: «Анас ибн Маликица нижеда бихьизе босун бачIана хъачIаб гъотIол, маххул рукъи бараб чашка. Анасица абула: «Я Сабит, гьаб Аварагасул ﷺ чашка буго», - ян. Гьаб хIадисалъ тIоритIел гьабула Аварагасул ﷺ асараздасан баракат тIалаб гьабизе бегьиялде.

Гьединго Сабитица Анасидасан бицараб хIадисалда буго: «Дица Аварагасе ﷺ гьаб чашкаялъубе тIун гьекъезе кьуна лъимги, набизги, гьоцIоги, рахьги», - ян.

Набиз ккола, чанго къоялъ лъелъе чамасдакги рехун, гьуинлъизегIан толеб жо.

Сабит Бунани ккола гъваридаб гIелму букIарав чи. Гьесул кутакаб рокьи букIана гIибадат гьабизе. Гьев гьавуна МугIавиятица бетIерлъи гьабулеб заманалда.

ГIалимзабаз абуна Сабит Бунани вукIанин божи бегьулев чи. Гьес Анас ибн Маликидасан, ГIабдуллагь ибн Зубайридасан, ГIабдуллагь ибн ГIумаридасан хIадисал рицана. Абу ХIатим Разияс абуна: «Анас ибн Маликил бищун божизе бегьулел цIалдохъаби рукIана ХIасан Басри, Зугьри, МухIаммад ибн Сирин, Сабит ва Къатадат. Бакр Музанияс абуна: «Бищун цIикIкIун гIибадат гьабулев чи вихьизе бокьани, балагье Сабит Бунаниясухъ. Гьесдаса цIикIкIун гIибадат гьабулев чи нижеда дандчIвачIо. Жиндир заманалъул кутакалда пагьму цIикIкIарав чи вихьизе бокьани, балагье Къатадатихъ», - ян.

Сабит Бунанияс абуна: «Анас ибн Маликгун дун 40 соналъ цадахъ вукIана. Гьеб заманалда жаниб гьесдаса цIикIкIун Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабулев чи дида вихьичIо», - ян.

Сабит Бунанияс бицана: «Анас ибн Маликица Къуръан цIалун лъугIидал жиндирго хъизан-лъимал данде гьарун, Аллагьасе ﷻ дугIа гьабулеб букIана», - ян.

Ибн МасгIудица абуна: «ТIубараб Къуръан цIаларав чи мустахIикълъула дугIаялъе жаваб щвеялъе», - ян. Гьединго бицана ГIабдуллагь ибн МасгIудица Къуръан лъугIизабидал, жиндирго агьлу-хъизанги ахIун, Аллагьасе ﷻ дугIа гьабулеб букIанин.

ХIакам ибн ГIутайбатица бицана: «Цо нухалъ дихъе Мужагьидги ибн Абу Любабги рачIана дун вачине ритIун. Гьез абуна жал ритIанин мун вачине, щайгурелъул, Къуръан лъугIизабидал Аллагьасе ﷻ дугIа гьабизе бокьун букIана. ХIакълъунго, гьелда хадуб гьабураб дугIа нахъчIваларелъул», - ян.

Имам Бухарияс абуна: «Къуръан цIалун лъугIанщинахъе гьабураб дугIа къабул гьабула», - ян.

ТабигIин Мужагьидица абуна: «Къуръан цIалун лъугIидал, асхIабазабиги данделъун, абулеб букIана рахIмат рещтIунеб буго», - абун.

Гьез Аллагьасул ﷻ Каламалда тIадчIей гьабулеб букIана. Гьеб цIалун лъугIидал дугIа гьабизеги гIедегIулаан.

Гьездаги нилъедаги гьоркьоб бугеб батIалъи, гьанже щивав чиясда бихьулеб батила. Ахирисеб нухалда Къуръан рагьараб заманцин кIочон батула нилъеда. Къуръан цIализе лъаларесги жиндиего кьезе ккела суал, гьадинал ресалги рукIаго щай лъазабулеб гьечIебин абураб. Анкьида жаниб цо-кIиго дарс босизе заманищ батулеб гьечIеб?

Сабит Бунанияс бицана Анас ибн Маликица абунин: «Авараг ﷺ накълулъидал Къуръан данде гьабун букIана ункъо чиясухъ: Абу Дардаихъ, МугIаз ибн Жабалихъ, Зайд ибн Сабитихъ ва Абу Зайдихъ. Ниж гьезул ирсилал ккола», - ян. Гьаб хIадис бицана имам Бухарияс ва Муслимица.

Сабит Бунанияс Анас ибн Маликида цIехола Аварагасул ﷺ заманалда хIижама гьаби какараб жо букIанищин. Анасица абула букIинчIин, гьелъ гьесул черх загIип гьабуларебгIан заманалда жаниб.

Сабит Бунанияс гьаб дунял тана 127-абилеб гьижрияб соналъ.

 

Шамил МухIаммадов

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Мавлидазул моцI

ТIадегIанав Аллагьас нилъер умматалъе кьураб кIудияб рахIматалдасан ккола нилъ МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса гьари. Нилъ гьесул умматалдаса Аллагьас ﷻ гьариялдалъун гьевги кIодо гьавун, нилъее кьуна гIемерал бигьалъаби, цересел умматазе рукIинчIел.   Масала, Муса аварагасул шаргIалда...


Хъизан цIуне

Хъизан гьаби ккола ТIадегIанав Аллагьасда цебе кIудияб жавабчилъи. Нилъеца хъизан гIуцIула Аллагьасул амруялдалъун ва Аварагасул ﷺ суннаталдалъун, гьединлъидал, нилъеца хIаракат бахъизе ккола диналъ малъараб куцалда хъизамалда гIумру гьабизе.   Квеш ккараб жо, жакъа гIемерал хъизамал...


Алжаналде нух

Дунялалъул кинабго иш сабабазда базабун бугебго гIадин, инсан дунялалде вачIинги эбел-инсудалъун буго. Лъиего балъгояб жо гуро лъимаде эбел-инсул букIунеб гурхIелги, кIудияб тIалаб-агъазги. Гьединлъидал нилъеда исламалъ тIад гьабула эбел-инсул камилаб адаб гьабизе. Къуръаналъулги ахIи буго...


РабигIул аввалалъул хIурматалда

ЦӀунтӀа районалъул Гьинухъ росулъ тӀобитӀана баракатаб рабигӀул аввал моцӀ тӀаде щвеялда бан мажлис. Дунялалъул бусурбабазе гьеб моцӀ ккола хасаб рухӀияб цӀилъиялъул заманлъун. Муъминзаби мажгитазда ва рокъор данделъула Аллагьасе рецц гьабизе, Аварагасде ﷺ салават битIизе, гьесул гӀумруялъул...


ХIалтIи лъикI букIине

Гьабулеб хIалтIи-пиша лъикI букIине (баракат) бокьарас тIадчIей гьабила щуго жоялда.   ХIалтIи сабаблъун Аллагьас ﷻ тIадкъарал жал нахърахъуге ва кIарчанлъиги гьабуге. Жиндир заманалда тIадкъарал жал тIурани, хайир батила. ХIалтIи сабаблъун Аллагьасул ﷻ махлукъат хIакъир гьабуге. Нилъер...