Аслияб гьумералде

Нужеца гьездалъун ахIи бай

Нужеца гьездалъун ахIи бай

Цересел номеразда нилъеца байбихьи гьабун букIана Аллагьасул ﷻ берцинал цIарал рехсезе. Гьениб баян гьабун букIана тIоцебесеб лъабкъоялда анцIила микьго цIаралъул.

79. Аль-Барру - кидаго лагъзадерие лъикIлъи гьабулев, гьезда цIоб лъолев, гьарарал чагIазе кьун, цIоб гьабулев, гьабураб къотIуе ритIухъав.

80. Ат-Таввабу - лагъзадерие тавбу гьабизе тавпикъ кьолев, гьел тавбуялде рачунев, гьезул тавбу къабул гьабулев, дугIаялда дандчIвай жаваб кьеялдалъун гьабулев, тавбуялда дандчIвай мунагьал чуриялдалъун гьабулев.

81. Аль-Мунтакъиму - рецIел босулев, къосаразул мугъал рекулев (гьалаг гьарулев), лъазеги гьабун, кантIизеги гьарун руссинчIони - гIассилъаразе гIакъуба кутакав.

82. Аль-ГIафувву - мунагь гьабуразе гIакъуба кьечIого толев, гIайибал рахчулев, квешлъаби рацIцIунев, гIассилъабазда тIаса лъугьунев, гIафву цIикIкIарав, цIоб гIатIидав.

83. Ар-Рауфу - мунагьал гьарурал чагIазда жив гурхIулев, гьезул тавбуги къабул гьабун жиндир цIоб-рахIматалдалъун гIемераб жо кьолев, гIайибалги рахчулев, цинги гьезда тIасаги лъугьунев.

84. Маликуль мульки - жиндир ханлъиялда тIубараб кверщел бугев, бокьараб гьабулев, жиндир хIукму нахъе чIвалев щивго гьечIев, жиндир амруялда гIайиб чIвалев чиги гьечIев.

85. Зуль-Жалали валь-Икрами - кIодолъи-тIадегIанлъи, камиллъи жиндие хасав, тIадегIан гьавизе мустахIикъав.

86. Аль-МукъситIу - хIукмуялъулъ гIадлу битIарав, залимасдаса мазлумасе рецIел босулев, гьедин гIадлу камил гьабулев, мазлумги тIаса лъугьинавун, гьев рази гьавун хадуб залимги рази гьавулев.

87. Аль-ЖамигIу - заталъулги, сифатазулги, афгIалазулги киналго камиллъаби данде гьарурав, киналго халкъал данде гьарулев, ГIарасат майданалда цереселги нахъиселги киналго данде гьарулев.

88. Аль-Гъанийу - бечедав, сундего хIажалъуларев, киналдасаго гIей гьабулев, кинабго жо жинде хIажалъулев.

ГIали МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...