Аслияб гьумералде

ГIураб гIазаб хIехьана

ГIураб гIазаб хIехьана

ГIураб гIазаб хIехьана

Хирияв Аварагас ﷺ ислам загьир гьабидал мушрикиназул кIанцIизе бакI тIагIана. Аварагасе ﷺ зарал гьабун бажаричIеб мехалда гьез байбихьана гьанже-гьанжего ислам босарал асхIабзабазе зарал гьабизе.

 

 

Билал-асхIабас ислам босидал, гьесул сайид Умаят ибн Халафица бакъ багIарараб заманалда, гIодовги вегизавун, кIудияб гамачIги чохьода тIад лъун, гIазаб кьун, абулеб букIана: «ХвезегIан ялъуни МухIаммадидаса вуссун латI-гIуззаялъе гIибадат гьабизегIан гьаб хIалалда вукIина мун», - илан. Амма иманалъул цIураб Билалил ракI къуркьичIо. Гьеб захIматаб хIалалъги гьес «АхIадун АхIад» абун, Аллагь ﷻ цо вугин абулеб букIана.

Цо къоялъ, Билалие гIазаб кьолаго, аскIосан унев Абубакар-асхIабас гьев, меседги кьун, вичун восана.

Гьединго ГIаммар ва гьесул эбел-эмен - Ясир ва Сумаятиеги Бану Махзумил тухумалъ, гьез ислам боси баянлъидал, багIарараб бакъукь рухьун, кутакаб гIакъуба кьуна, хIатта Ясир ва гьесул чIужу Сумаят шагьидлъана.

МусгIаб ибн ГIумайрица ислам босун букIин лъараб мехалда, гьесул эбел Хунасица гьев жиндирго ирсалдаса махIрум гьавуна. МухIаммад Авараггун ﷺ дандчIваларедухъ гьелъ гьев жанив тIамула, хъаравулги тун. Муъминзабазул цо къокъа гьижра гьабун ХIабашаталда унел ругин хабар рагIидал, МусгIабица, цо хIиллаги гьабун, эбелги хъаравулги гъапуллъараб заманалда хIаракат бахъана туснахъалдаса ворчIизе ва гьелгун цадахъ ХIабашаталде ине.

Мугьажирал Маккаялде руссиндал МусгIаб уна Авараггун ﷺ ва асхIабзабигун дандчIвазе. Турараб, рукъи бараб жилбабги ретIун вачIунев вихьидал, асхIабзабазул берал магIил цIола. Гьезда ракIалде щола дов цеве вукIарав МусгIаб, берцинаб ретIел ретIарав, берцинал махIал гьавурав. Кинниги Авараг ﷺ гьимула ва гьес абула: «МусгIаб вукIана Маккаялдаго эбел-инсуца бищун лъикI хьихьарав вас, цинги Аллагьасеги ﷻ Аварагасеги ﷺ гIоло гьеб кинабго рехун тана», - ян.

УхIудалъул гъазаваталда шагьидлъарав МусгIаб вукъизе бусурбабаз байбихьидал, гьезда гьев жемизе мусруцин батуларо, жиндаго тIад ретIун бугеб ретIел гурого. Гьумер бахчидал хIатIал загьирлъулеб, хIатIал рахчидал гьумер загьирлъулеб букIана гьеб. Цинги Аварагас ﷺ амру гьабула гьумерги гьелъ бахчун, хIатIазда тIад гIатIгояб гIурччинлъи лъеян.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...