Аслияб гьумералде

Мавлидалда хадуб

Мавлидалда хадуб

Мавлидалда хадуб

Хъвартихьунив вукIарав кIудияв гIалим, АхIмад Бадавиясул тIахьазул цIех-рех гьабулаго, муфтияталъул гIелмияб отделалъул хIалтIухъабазда батана КъахIиса ХIасан-апандияс (къ.с) гIуцIараб назму-дугIа, жиб мавлидалдаса хадуб цIалулеб. Хирияв авараг ﷺ жинда жанив гьавураб рабигIул аввал моцI тIаде щун букIиналъухъги балагьун, бокьун буго гьеб назму бахъизе.

 

Гьаб дугIа гIуцIана КъахIиса ХIасан-хIилмияс. Аллагьас гьесул сирруги бацIцIад гьабеги, гьесул файизалдасан нилъее мунпагIатги гьабеги. Амин.

БисмиЛлагьи ррахIмани ррахIим

Я Рабби, къабул гьабе гьаб нижер мавлид Дуца,

Дур фазлуялдалъуму нижер гьурмалъ кьабуге.

ХIабибасде битIараб салатгиму саламги,

Сабаблъун гьабе Аллагь, Эсул шафагIат швезе.

Эв Расуласе гIоло судурал гIатIид гьаре,

Умурал бигьа гьаре, ургъелал инзе гьаре.

Нижер мунагьал чуре дуюнал тIуразаре,

Нижер хIалал лъикI гьаре, хьулазде швезе гьаре.

Я Рабби, мавлидалъул баракат швезе гьабе,

Дуца нижер тавбуги къабул гьабе, БетIергьан.

ХIуджаялъе квербакъе, мацIалги рацIад гьаре,

Гьереси-мацIалдаса, гъибат-бугьтаналдаса.

Дуде ракIгъезе гьабе, гурхIул ризкъилъун гьабе,

Къиямасеб къоялда бакъуй рагIадлъун гьабе.

ГIамал цIалеб мехалда лъикIлъи бакIлъизе гьабе,

Элъул баракат нижей кидаго даим гьабе.

МухIаммадил шафагIат Дуца насиблъун гьабе,

Эсдаса ратIалъизе гьаруге, Дуца, Аллагь.

Эвгун цадахъ лъугьине гьаре ниж Алжаналде,

ТIолго Аварагзаби, шагьидзабигун цадахъ.

Гьел лъикIал гьалмагълъигун тIаде рахъине гьаре,

Эв вихьичIонаниги, Эсде иманлъунлъидал,

КIиябго рукъалда Эв нижеда вихьизаве.

ХIакъикъияб вокьиялъ АхIмад вокьизе гьаве,

Эсул хIавзалдаса лълъар, Дуца гьекъезе гьабе.

Аллагь нижер зигара, Дуде буго, БетIергьан,

РекIел къасаваталъул гIемерал мунагьазул.

Халатал гьал хьулазул, фасатал гIамалазул,

ТIагIат гьечIеб черхалъул чорокал хиялазул.

Нафсгин, дунял, гIадамал, Дудаса нахъе чIвалел,

ШайтIан, ункъабго тушман къине гьабе, дир Аллагь.

ГIамал гьечIеб черх буго, чара гьечIеб хвел буго,

Хвалил мехталабазул хIинкъи кIудияб буго.

ЛахIдуялъулъ турулел лугбазул ургъел буго,

ТIад чIвалел къанабазул къварилъи цIакъаб буго.

Аздагьогин гьабзаца тIутIун гьаб квине буго,

Хабалъ кьолеб гIакъоба гIемер захIматаб буго.

Борхьалгиму гIакъраби - эниб гьалмагълъи буго,

Жаниб канлъиго гьечIеб борхьазул гванду буго.

Квешлъиялъул къасават ракIазда бетун буго,

Хвел-хобалъул пикру тун кантIулареб черх буго.

Аллагь, Дуде хьул лъеялъ гьабулеб гьари буго,

Дуца нахъе чIванани ниж кIанцIизе бакI гьечIо.

ГIемерал мунагьазул ракIалда хIинкъи буго,

Мун гурхIани гурого дарман гьечIого буго.

Аллагь, гъафуру рахIим, рахIмат гIатIидав вуго,

Дуде гьарун гурого сабаб гьечIого буго.

Нижер гьаб хIелхIелалда хIинкъи тазаругIалда,

Дур рахIмат тIаде рещтIун тIуразаре мурадал.

Нижер зуллат, басралъи дуца загьир гьабуге,

Киналгоги ахIвалал Дуда балъгоял гьечIо.

Дур рагьуялда чIарав нахъе чIваге, БетIергьан,

ГIасияв вугин абун махIрум тоге, БетIергьан.

ГIужбу-рияалдаса, жахIда-хIусудалдаса,

Квешал пишабаздаса рацIцIад гьаре, дир Аллагь.

Гьаб мавлид цIалиялъе сабаблъун ккарав чиги,

МухIаммадил гьалмагълъун гьаве гьев Алжаналда.

Эсул хъизан-агьлуги, авладалгун гIагарлъи,

ГIагар гьаре гьел Дуца, хIазрату Расуласде.

Эсул кьураб садакъа къабулги гьабе Дуца,

Унти балагьалдаса цIунаги гьесул агьлу.

ЦIалараб мавлидалъул кири щвезеги гьабе,

ТIоцебе МухIаммадий, хадуб - асхIабзабазе.

ТIолго анбияазе, цинги асхIабзабазе,

Умумулгин улбузе, вацалгиму яцазе,

ГIелму-гIамал малъарал нижер устарзабазе,

Бихьиналгин цIуязе, тIолго бусурбабазе.

Гьаб рукъалъул хваразул киназулго рухIазе,

Къабул гьабун щвезабе ихIсан-фазлуялдалъун.

Я Аллагь, Дуца цIоб лъе Эв Дурго ХIабибасада,

Дурго магIлуматазул гIададигIан гIемераб.

 

Амин Аллагь я Аллагь, Амин Аллагь я Аллагь, Амин Аллагь я Аллагь!

 

Мавлидаздаса хадуб гьабулеб дугIа хъван лъугIана 1339 соналъул 22 рабигIул аввалалда (1920 сон, 3 декабрь).

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...