Аслияб гьумералде

Куркъиялъул пайда

Куркъиялъул пайда

Риидалил заман тIаде щведал базараздагун тукабазда загьирлъула бищунго хириял нигIматазул цояб - куркъи. Гьелъул къимат гьабула лъикIаб махIалъухъ, гьуинаб ва беэнаб тIагIамалъухъ. Амма куркъи ккола тIагIамаб гьуинлъи гуребги, сахлъиялъе гIемерал пайдаял жал гъорлъ бугеб къиматаб кванил нигIматги.

 

Куркъиялъул пайдаялъул цояб ккола гьелъулъ С витамин цIикIкIараб букIин. С витаминалъ иммунияб система щула гьабула, черхалъе кумек гьабула инфекциязде дандечIезе, тIомол, лугбузул ва бидурихьазул сахлъиялъе хIажатаб коллаген бахъиялъулъ гIахьаллъула.

Гьелде тIадеги, ууркъиялъулъ руго В группаялъул витаминал, А витамин ва фолиева кислота. Ахирисеб хасго кIвар бугеблъун ккола лъимер гьабизе ругел руччабазе, щайгурелъул, гьелъ кIудияб кIвар кьола гьабизе бугеб лъимадул нервабазул система букIине кколеб къагIидаялъ цебетIеялъе.

Куркъи бечедаб буго антиоксидантаздалъун - эркенал радикалазул квешаб асаралда данде къеркьезе кумек гьабулел жалаздалъун. Эркенал радикалал рикIкIуна клеткаби цебего херлъиялъе ва цо чанго хроникияб унти ккеялъе гIиллабазул цояблъун.

Куркъи гьоркьоса къотIичIого кванаялъ кумек гьабула ракIалъул ва бидурихьазул сахлъи цIунизе. ГIалимзабаз чIезабуна куркъиялда гъорлъ ругел тIабигIиял цолъабаз кумек гьабулеблъи чорхолъ бугеб восполительниял процессал дагьлъизаризе ва бидул хьвадиялъул системаялъе лъикIаб асар гьабулеб букIин.

Куркъиялъулъ буго бидул тIадецуй ва ракIалъул хIалтIи гIадатияб къагIидаялъ цIунизе кумек гьабулеб кIвар бугеб минераллъун кколеб калий. Гьединго гьелда гъорлъ буго метаболизмалъул процессазе ва сахлъиялъе хIажатаб магний ва марганец.

Экспертаз бицуна калий бечедаб квен гIураб къадаралда кванаялъ кумек гьабулин ракIалъул ва бидурихьазул унтаби ккеялъул хIинкъи дагьлъизабизе ва черхалъул гIадатияб хIалтIи цIунизе.

Сахлъиялъе гIемерал пайдаби ругониги, цо-цояз цIодорлъиги гьабизе ккола. Куркъиялъ аллергия кьезе бегьула, гьединлъидал лъикIаб букIуна дагь-дагьккун гьеб гIисинал лъималазул ва аллергиялде ругьунал гIадамазул кванил нигIматазда гъорлъе ккезабизе.

Кваналалде цебе куркъи лъикIго чуризе ккола. Квачараб бакIалда цIунизеги лъикIаб буго. Хинаб бакIалда бугони хехго хола.

 

Камил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...