Аслияб гьумералде

Рак унтуда данде къеркьолел

Рак унтуда данде къеркьолел

ХIавагIеч

ХIавагIеч буго инсанасе пайдаяб пихъ. ГIадатияб гIечалъулъ букIунеб С витамин гьелъулъ кIиго нухалъ цIикIкIун букIуна. Гьанжего гьанже гъотIодаса тIураб гьеб рикIкIуна витаминазул гъамаслъун. Гьелъулъ руго гIемерал витаминал, фруктоза, глюкоза, пектин, кислотаби, калий, натрий, железо, фосфор ва мед гIадал веществаби, гьединго, углеводалгун аминокислотаби.

БатIи-батIиял нигIматазе (компот, варенье) хIалтIизабун хадубги гьелъулъ цIунун хутIула гьелго пайдаби.

Гьелъ хIалакълъизеги кумек гьабула, иммунитетги щулалъизабула.

ГьоцIогун жубан кваназе лъикIаб буго бакьазда лъугьунел инфекциялъул унтабаздаса цIуниялъе. Чакарги бан бакъвалъизегIан гьализабураб гьелъул лъим (сироп) бавасуралъе (геморрой) дарулъун рикIкIуна. Белъун кванараб гьелъ лагIдей къотIизабула.

Пайдаяб буго бидул тIадецуй бугезеги. Гьелъ кумек гьабула рекIел унтабигун инсультал ккунгутIизеги. Гьелдаго цадахъ холестериналъул къадарги гIодобе ккезабула. Чакрил диабет бугезеги бегьула гьеб кваназе. Рак унтудаса цIуниялъе, гьелъул клеткаби тIагIинариялъеги пайдаяблъун рикIкIуна хIавагIеч. Квачалдалъун кколел унтабаздасаги цIунула гьелъ. Психикаялъеги лъикIаб асар гьабула. Стресс бахъизе, нерваби гIодоре риччазаризе бихьизабун буго кваназе. КIващул пунцIилаялда унти лъугьарал бихьиназеги лъикIаб буго. Беразул канлъи лъикIлъизабула ва гьезда лъугьунел унтаби сах гьаризе квербакъула. Китаялда хIавагIеч гIемер хIалтIизабула.

Руччабазе

ЛъикIаб асар гьабула эбелалъул ургьиб бугеб лъимадуе. Белъараб гьелъ кумек гьабула гьегIдариялда данде ва бохдуздагун махIабазда кьватIелал лъугьунгутIизе.

Барщараб хIавагIеч ва гьелъул пурчIина, крем гIадинги гьабун, хIалтIизабизе бегьулин буго гьумер-кверазда бахинеги, херлъи щвей хIинцлъизабизеги, расул кьалбал щула гьаризеги.

Зарал

Пайдабаздаго цадахъ зарал камунги букIунарелъул, гьеб кваназе лъикIаб гьечIо бакьал унтарал, кванирукъалда ругъун бугел чагIазе. Лъимер гьабизе ругеб заманалда руччабаз компот, варенье гьабун гурони кванагеянги буго, къватIибе бачIунеб жо бакъвазабулеб нигIмат букIиналъ.

ТIад бугеб квасквас гIадаб жо нахъе инабичIони хъегIдизарула, гьелдалъун мукъулукъалъе зарал ккезеги рес буго. Черхалъе заралияллъун лъугьине рес бугел гIуцIиял рукIиналъ, гьелъул гага кваназе бегьуларинги абула.

Гьуърузда плеврит унти бугезеги бегьизабун гьечIо хIавагIеч. Дарманал хIалтIизарулебгIан заманалда жанибги кваначIого лъикIаб гьечIо.

Чакрил диабет бугезеги бегьула хIавагIеч кваназе

Микьир

Микьир рикIкIуна кванирукъалъул хIал лъикIлъизабулеб нигIматлъун. Кваназе лъикIаб буго кIущ бачIинабиялъе (гъветI тIегьайдал тIад бараб тIегьги), гьурал ва запорал ругеб мехалъги. Кванде гъираги цIикIкIинабула гьелъ.

Минералиял гIуцIабаздалъун бечедаб букIиналъ, лъикIаблъун рикIкIуна кванирукъалдагун бакьазда рукIунел унтаби сах гьаризе. Гьелъулъ бугеб фосфоралъ кумек гьабула гIадалнахул хIалтIуе, рукIалиде бачIинабула нервабазул гIуцIи, калиялъ щула гьабула ракьа.

Рак унтуда дандеги къеркьола гьеб. БатIи-батIиял улкабазул гIалимзабаз чIезабун буго мокьрода гъорлъ ругел полифенолал абурал жалаз чIинтIизарулин каранзул ракалъул клеткаби. Гьединго биццатаб бакьги цIунула рак ккеялдаса.

Бидурихьазул хIалтIи тамахлъарав чиясе тохтурзабаз бихьизабун буго цIияб мокьрол бахъараб сок хIалтIизабизе.

Амма гьеб гIемер кваназе лъикIаб гьечIо чакрил диабеталъ унтаразе.

Руччабазе

Пайдаяб буго лъимаде ругезе. Цогидал дараби хIалтIизаричIого, микьиралъул сок, аслияб квен кваналалде цебе, гьекъезе лъикIаб буго къинай гIаданалъе запорал ва цIерхI лъугьунгутIизе. Кумек гьабула бохдулгун махIаби гьоронгутIизе, гьезда кьватIелал лъугьунгутIизе, гьегIдариялда данде.

Пихъазде аллергия букIунезе лъикIаб гьечIо кваназе.

Гьелъул гагацин рикIкIуна витаминаздалъун бечедаб нигIматлъун. Гага гIемер хIалтIизабула косметологаз, гьелдаса гьабураб пюреялъ лъикIаб асар гьабулеб букIун тIом хIерен ва тамах гьабиялъе.

Микьиралъ сах гьурула берал, хIинцлъизабула херлъи щвей.

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...