Аслияб гьумералде

Херлъи хехго щвезе биччалареб

Херлъи хехго щвезе биччалареб

Херлъи хехго щвезе биччалареб

Гьаб буго гIемерисел пихъал барщарал ва тIабигIиял витаминалгун черхалъе пайдаял нигIматал гьарзаяб заман. Абула, чияс гIумру гьабун бугеб бакIалда рукIунин гьесие хIажатал витаминал кьолел нигIматалилан. Щолел рукIаго сезоналъулал нигIматаздаса пайда босизе ккела.

Смородина

Гьелъул буго хъахIаб, чIегIераб, багIараб гIадал чанго батIиял тайпаби. Гьеб бечедаб буго фосфор, марганец, железо, магний, кальций гIадал витаминаздалъун ва пайдаял веществабаздалъун.

Тохтурзабазул баяназда рекъон, гьеб цебегоялдаса нахъе хIалтIизабула квачалъул унтуде данде ва кумек гьабула рекIел бидурихьазе. Кумек гьабула лъималазул ургьимес щулалъиялъе. Гьелъулъ ругел витаминаз кумек гьабула иммунитет цIикIкIинабизе, берзул канлъи цIунизе, хъалияналъул гIадал заралиял кIкIуязде данде чIезе.

Хъатинибе бараб дагьабго къадар гьелъул зама-заманалда кванани гIола ракI ва нервабазул гIуцIи рукIалида чIезабизе, ракIалда жо чIей лъикIлъизабизе. Амма гьеб гIемер кваназе лъикIаб гьечIо кванирукъ загIипазе. Гепатит бугезе, би бетулезе, кванирукъалда ругъун, аллергия бугезе бегьуларо гьеб кваназе.

ГIодокари (малина)

ГIодокариялъул гIуцIиялъулъ руго чиясе хIажатал батIи-батIиял кислотаби. Гьелъул пайдабаздасан буго: чорхол клеткабазе сакъат ккезе тунгутIи, херлъи хехго щвезе биччангутIи, би лъама гьаби ва бидурихьал щула гьари, инфаркт ва инсульт ккезе тунгутIи.

ЦIа-кан бахиндал ва гIетI байдал, квачан унтидал хIалтIизабизеги лъикIаб буго. Гьелъул гъотIол тIанхазул гьабураб гьагIу лъикIаб буго щекъер унтаразе ва ахту бачIинабиялъе. Гьединго лъикIаб буго лъимаде ругел руччабазеги.

Гьелъулъ руго В1, В2, В9, А, С, РР гIадал пайдаял витаминал, бечедаб буго минералиял веществабаздалъун, микроэлементаздалъун.

Ежевика

Ахираб заманалда гьеб нигIматги хIалтIизабизе байбихьун буго дарудае ва гьединго диетологазгун косметологаз. Гьелъул гIуцIиялъул цIакъ гIемер буго С, Е, Р, РР, К витаминал, провитамин А, В. Гьеб бечедаб буго калий, натрий, магний, кальций, железо, фосфор, никель, медь гIадал минералиял веществабаздалъунги.

ГIатIгояб гьелъ щула гьабула иммунитет, рукIалиде бачIинабула черх. ЦIа-кан бахун лъугьиндал, гьеб гIодобе ккезабиялъеги лъикIаб кумек гьабула. Ургьисалабазда, кIващул пунцIилаялда, бакьазда, кванирукъазда лъугьарал унтабазеги кумек гьабула. Чакрил диабет, щукIдулгун рищалаби унтаразеги лъикIаб буго гьеб. ЛъикIаб асар гьабула гIадал нахуе, нервабазул гIуцIиялъе, бидурихьал рукIалида чIезариялъе, диабет лъугьиналде дандеги къеркьола.

Тохтурзабаз абула жибго хIалтIизаби гуребги, гьелъул тIанхазул, кьибилалъул дару гьабизе бегьулин. ТIанхаз кумек гьабула ругъун сах гьабизе ва хьверд рекIинчIого букIине.

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...