Аслияб гьумералде

ЧIегIеркари – тIабигIияб антисептик

ЧIегIеркари – тIабигIияб антисептик

ЧIегIеркари – тIабигIияб антисептик

ЧIегIеркари (черника) ккола витаминазул гъансито. Гьелъулъ гIезегIан буго фосфор, марганец, магний, кальций гIадал химиялъулал гIуцIаби. Гьелъулъ руго тIабигIиял антиоксидантал, гьез цIунула батIи-батIиял радикалаздаса хасго ругъун, гьорой (опухоль) лъугьиналдаса, рекIелгун бидурихьазда унтабазе ва канлъуе гьабула кумек.

Халкъалда гьоркьоб чIегIеркари машгьураб буго канлъуе кумек гьабулеб нигIмат хIисабалда. Амма гIалимзабаз абулеб буго гьелъ беразе пайда гьаби гурони, канлъи бачIинабиялъе кумек гьабуларин абун. ЧIегIеркариялъ лъикIлъизабула беразул бидурихьазул хIалтIи, сетчаткаялда гъатал лъугьиналъул хIинкъиги дагь гьабула.

Гьелъулъ буго заралиял шлаказдаса, цIамудаса цIунулеб пектин абураб гIуцIи. Гьеб рикIкIуна тIабигIияб антисептиклъун ва антибиотиклъун. Гьеб яги гьелъул тIанхазул гьабураб гьагIу хIалтIизабизе бегьула хъегIулеб мехалда яги щекъер унтидал.

ГIатIгоябгун бакъвараб гьелъ кумек гьабула диарея, гастрит, язва гIадал унтабазда данде. Гьелъул тIанхаз кумек гьабула диабеталъе, бидулъ чакрил къадар гIодобе ккезабиялъе. ХIалтIизабизе бегьула тIуладагун ццидал къвачIида унтаби лъугьиндал. Квен бихIинеги гьабула, иммунитетги борхизабула. Кваналалде цебе чуризеги лъикIаб гьечIо.

Цогидал пихъалго гIадин гьебги хIалтIизабула косметикаялдаги. Кумек гьабула тIом тамах гьабизе, гьорой гIодобе буссинабизе.

Гьеб кваназе лъикIаб гьечIо кIващул нухазда унти бугезе ва пунцIилаялда ганчIал ругезе.

Кваназеги ккола гIурхъи цIунун, ай гIемер кваназе беццараб гьечIо. ГIемер кванани аллергия ва гъиз бакъвай лъугьине рес буго.

Чакарги жубан морозильникалъуб лъун яги бакъвазабун цIунизе бегьула.

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...


Гъваридаб лъай

Гьале тIаде щвана цIалул заман. Киналго лъимал школаздеги, студентал цIалул идарабаздеги хьвадун байбихьула жидерго лъай цIикIкIинабизе. Исламалда лъай тIалаб гьабиялде кьола бищун цIикIкIун кIвар. Гьелде тIоритIел гьабулел аяталгун хIадисал гIемерал руго. Цересел номеразда гьелъул хIакъалъулъ...


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...


ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал   КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал. Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб...