Аслияб гьумералдеБицине буго гIемер
Бицине буго гIемер

1
ГьитIинаб мехалдаго,
КIудаинсул харбаца,
Дие хиралъизавун
ВукIана Шамил имам.
Харабазул биценаз
Лъун рукIана пикрабалъ
Гьевги, муридзабиги,
АхIулгохIги, Гъунибги.
Хиялазулъ чIаголъун,
ЧIолаан дида цере,
РухI хираго бичулел
БахIарзазул къокъаби
Къаси-къаси вегидал,
Анищазул чу рекIун,
Дицаги гьужумазулъ
Гьабулаан гIахьаллъи.
Гьале унгого жакъа,
Гъунив вахарав мехалъ,
Гьеб кинабго цIилъана
ЦIидасан пикрабазулъ…
ЦихIинтIаго тIагIана
ТIабигIияб берцинлъи,
АнцIила ичIабилеб
ГIасру бачIана дихъе.
Доб гъазаваталъул рагъ
Гъугъадана гIинзуниб,
ГIассияб гьелъул сурат
Сверулеб буго берзукь.
Кьвагьи буго ракьалда,
Кьерхун буго бакъул нур,
Бидул хIоринир руго,
ХIал дагьлъун, гIодор ккарал.
Гьурмада къехь бухьарав
КIикъоазарго солдат,
Ункънусго муридасде
Сардарас гьусун вуго.
Рехъалъ бацIал гIадинан,
РечIчIана капурзабалъ
Ругъжаса НургIалиги
Генуса Ибрагьимги.
Гиризе гьабичIого
ИчIго-анцIго гвангвара
«Воре, шагьидлъуге», - ян
ШартI лъуна Инквачилас
Черкесазухъ вукIарав
Наиб ИбрагьимхIажи,
КIаратIаса ХIажияв,
ГIандиса наиб Дибир,
ЧIикIасезул цевехъан -
МуртазагIали Малик
Жанир лъугьараб гурулъ
Гарулев чи хутIичIо.
Куралаялъул наиб,
Насрудинил хвалчадул,
Чапи бахъаралъуса
Лъутулелги рорчIичIо,
Сулъралъа Гурамица
Гиризарурал бутIрул
БилбагIарал ганчIазул
Гъуниялда релълъана.
ГIарадабаца къадал
Риххизаруралъусан,
«Хучдузул рохь» гьужумалъ
«Гьура» бачун, кIанцIана.
Гьелда данде вортарав
ТIелекьа СалихIилас,
ТIад кумек гIунтIилалде,
ГIодов микьгояв лъуна.
Цояб хъатикь хвалченгун,
Цояб хъатикь ханжаргун,
Имам гъорлъе жувана:
«Жинда хадур гъе», - йилан.
ТIатIалаго паркъолеб
Пириялда релълъана
Гьесул хвалчадул хьвагIи,
Гьесул хонжрол борлъари –
Щобазда, гIи гIадинан,
Щущана жаназаби,
Жазму бачIун, рагъизе
РекIана муридзаби.
ЧIванагIан гIемерлъана
ГIурусазул солдатал.
НусцIул цIикIкIараб къуват
Гьезул рахъалда буго.
Муридзабазул кьерал
Иргадал шагьидлъана,
Шамил Гъуниб магIарда
Дагьал чигун хутIана.
Халикъасда, гъазават
Къабул гьабеян, гьарун,
Къадруяб хвел босизе
Гьезда ракIалда буго.
Амма хъван букIун гьечIо
Гьезий гьеб къоялъ къадар,
Къудратав БетIергьанас
БатIияб хIуму къотIун.
2
«Гьужум чIезе гьабе!» - ян,
Буюрана сардарас.
СихIкъотIи тIибитIана
ТIалъиялда гьебсагIат.
- БитIахъе бергьунелъул,
Гьаб приказ кинабилан,
Гьаглъундай фельдмаршалан,
Щурщудана солдатал.
Шамилги, гьелго гIадин,
ГIажаиблъун лъугьана,
«ГьечIодай хIадурулеб
ХIилла», - ян щакдарана
ХIухьбахъизе рес рекъон,
Рохарал муридзаби,
Имамасухъ гIинчIвазе
ГIурдада гIодор чIана.
Щиб тушманас ургъараб,
Рагъ щай къотIизабураб,
БичIчIизе кIоларилан
КIалъана гьезда Шамил.
КIицIул нилъ хвезе гьечIин,
Щиб ургъун батаниги,
«Аллагьу акбар», - илан
ЛъугIизабуна калам.
ГIемер заман иналде
Загьирлъана хIакъикъат,
ХIикматаб гIаламатлъун
Киназего букIараб:
Барятинскияс рагъ
ЧIезабун букIун буго,
Шамилихъе ракълие
РитIизе чапарзаби.
Полковник Лазаревги,
Цо солдатги, тилмачги
Гьес Гъунире рахаян,
Нуха лъун рукIун руго.
БорчинчIого ярагъгун,
Борхун хъахIаб байрахъгун,
Гиназасул кагъатгун,
Щвана гьел Шамилихъе.
Полковникас цIалана
Фельдмаршаласул кагъат,
Тилмачас буссинабун,
Бицана магIарулалъ.
Кагътида хъван букIана:
Кавказалъул багьадур,
Биххун буго дур сангар,
ХIурматав имам Шамил,
Щвезе кумек гьечIо дуй!
Кибехунго нух гуро, -
Нухал дица ккун руго.
Нахъе къазе бакI гуро, -
Нахъехун кьуру буго.
Гьанже дур Гъуниб хъала,
Дуе къор лъугьун буго,
Болъо къватIибе гьечIеб,
Къадар тIаде къулараб.
Къисматалъе мукIурлъун,
Лъе дуца гIодоб ярагъ,
Рагъуде кавуги къан,
КъотIи ракълий гьабизе.
Мунги рагъухъан вуго,
Дунги рагъухъан вуго,
Нилъей балъголъи гуро
ЛъугIун бугеблъи дур иш.
Данде чIезе рухI гьечIев,
Рес сундуйниги течIев,
Тушман хIакъир гьавулеб
ХIалихьалъи гьечIо дилъ.
Гьединлъидал, намусалъ
Гьукъулев вуго, Шамил,
Мунги дур къокъаги чIван,
ЧIчIел босун, чIухIдаризе.
ХIалалаб буго нужей
Гьаб дунялалда гIумру,
ГIаданлъи, бахIарчилъи
Чармил кьучIда куцарал.
Рагъизе рукIин лъала
Мунги муридзабиги,
Гулла-хер лъугIизегIан,
Ахирисев хвезегIан.
Амма ургъеха, имам,
Нуж хвеялдалъун щвезе
Щибниги хайир бугищ
Дагъистаналъеяли.
ГурхIа, Шамил, дагьлъарал
Дурго рагъухъабазда,
Бесдаллъизе гьаруге
Гьезул гIисинал лъимал,
Къороллъизе гьаруге
Гьезул руччаби дуца.
ЧIаго те гьел бахIарзал,
БахIарзал гIезаризе.
Разилъе мун ракълие,
КъотIизе гьабе къеркьей,
Хвасар гьабе хвалдаса
Дурго боялъул хутIел.
ТIадрекъон, дир маслигIат
Босани, дуца, Шамил,
Щулияб рагIи дуе
ГIурус офицерасул:
«ГIагарал росабалъе
Рас бортизабичIого,
БадибчIвай гьабичIого
Риччала муридзаби».
«Мун виччалин, гьелгунан»,
Гьереси бицинаро!
ВитIизе ккола, имам,
Дица мун Россиялде.
ВитIила гьобол гIадин,
Даража тIадегIанав!
ВитIила гьудул гIадин,
Гьабизе хIурмат тIадав.
Изну кьела бокьарал
Цадахъ рачине дуе.
КIудияб улкаялда
Киназего бакI буго,
ГIумру, нужей цIунизе
Рес букIун, кIалъана дун.
Намусалъухъ гIенеккун,
БичIчIизабуна мурад.
Рекъелищ яги кьалищ
Дуца бищилеб, Шамил?
Жавабалъухъ балагьун,
ВукIина къалъизегIан.
Ракълие битIараб квер
Дуе къваригIинчIони,
Къалъудаса цIидасан
ЦIадабе гъела Гъуниб.
Дица тIубазабуна
Дирго напсалъул тIалаб.
Ирга гьанже дур буго,
Ихтиярги духъ, имам.
Тилмачасухъа босун,
Берцинаб хIалалъ сукIун,
Полковникас гьаб кагъат
Бегьана Шамилихъе.
Хъудана муридзаби:
Божуге, имамилан,
Гьеб кагъат «гьоцIо» бугин,
Гьоркьоб загьру жубараб,
Гьуинал рагIабазулъ
БегIераб хеч бахчараб…
Имамас, кверги борхун,
Хабар къотIизабуна.
Къилбаялдеги вуссун,
ГанчIида гIодов чIана.
Жиндирго гIакълуялъул
КъулгIадул лъимги гьекъон,
Фельдмаршаласул хитIаб
«ЦIадирабазда» лъуна,
АнцIул цIан, анцIул борцун,
ЦIидасан хIисаб гьабун,
ГIемералъ гIенеккун чIун,
ГIодовиччан, ургъана.
ХIасилалъе лъай, гIакълу
Аллагьасда гьарана –
Ракълие битIараб квер
Бачине хIукму ккана.
Цинги, гьес, тIаде вахъун,
ХъахIаб байрахъгун щварал
РикIкIадегIан ритIана,
РагIиларедухъ хабар.
«Божуге», - ян хъудана
Нахъойги муридзаби,
Мун чIаго кодов щвезе
Бачунеб бакъан бугин,
Нахъе толарин, имам,
Тушманас нилъер цо чи
Царал махI бугеб гьеди
«Гьойдул» уябин ккоге.
Ракълие балеб ахIи
ХIиллаялъул кIичI буго,
КIвараб гIазаб дуй кьезе
Бокьараб анищ буго.
Дуй гьикъулеб кIалалъухъ
Ралагьизеги гьарун,
Зодоб дур рухI боржиндал,
Нижги чIвала гIурусаз.
Гьединан хвеялдаса,
Хвел талихIаб букIина,
Болъонал гъурулаго,
Гъуниб магIарда щвараб.
Ахираб кьаби лъезе
Кье, имам, изнуйилан,
Исламалъул гъалбацIаз
ЦIана къватIир хвалчаби.
- Хириял муридзаби,
Лъалинир лъе хвалчаби!
Кьеларин изнуйилан, -
Абуна Шамилица
Аллагьас дун ракълие
Гьесизе гьавун вугин,
Сардарасда божизе
РекIее къабуллъанин.
Капурчи кагъат хъвазе
ТIамуравги БетIергьан,
Гьелъухъ гIенеккизе дий
ГIакълу кьуравги Къадир.
Къудрат гьесул гурони
Кибниги хIалтIуларо,
Киданиги гьесие
БокьичIеб лъугьунаро.
Гьабизе гьечIо нилъей
ХIилла-рекIкI гIурусаца,
РагIи ккола сардарас,
Рокъоре риччала нуж.
БитIараб буго гьесул:
«Нуж гIадинал бахIарзал,
БахIарзал гIезаризе
ЧIаго рукIине ккола».
ЦIилъула къотIараб рохь,
Ракьулъ кьалбал ругони.
Кьалбал руго, вацал, нуж
Гьанже Дагъистаналъул.
КьучI нилъер гIумруялъул,
Ислам – шаригIаталъул,
ГIамал – хасияталъул,
ХутIизабе росабалъ.
Куркьбал рекарал цIумал,
Бице цIиял гIелазда
Къоло щуго сон рагъда
Щай нилъеца тIамураб.
Биччанте лъималазда
Лъазе тарих, хIакъикъат,
АхIулгохIалъул къиса,
Жакъа къоялъул кьогIлъи.
Бице гьезда, ракI къечIин,
Къуват бергьине гIечIин,
Цо муридасде данде
Нусго солдат вукIанин.
Чорхол жан лъугIизегIан,
ТIубан тату хвезегIан,
Хвалил бадир ралагьун,
Рагъарал, муридзаби,
Мурад нилъер тIубачIо, -
Бергьана капурзаби,
БажаричIо рагIалде
Бахъинабун гъазават!
Бажари гIурабщинаб
Нилъеца гьабураблъи,
Лъала БетIергьанасда,
АлхIамдулиллагь, шукру.
Гьадинаб ахир ккелин,
Ккун букIинчIо ракIалде,
Гьелъулъги цо хIикмалъи
Лъун батила Аллагьас.
Гьанже, диналъул вацал,
Къо-мех лъикI, ратIалъилин.
Имамас гьезул кверал
Рачана иргаялда.
Гуллица рорлъаниги,
Хвалчаца лъукъаниги,
КъватIибе «игь» рагIичIел
Муридзаби гIодана.
Аллагьас алжаналда
Данделъизарегиян,
Жиндирго хIалги бахчун,
ЧотIе Шамил вахана.
ГIурус чапарзабазе
Буйрухъ кьуна кьварараб:
«Рилълъа цере, ваче дун
Фельдмаршаласухъе», - ян
Имам, нух битIагиян
АхIи тIамуна дица, –
АнцIила ичIабилеб
ГIасру ана цебесан.
РагIана гьагаб релъи
Рохьоб гIолохъабазул,
ГIаракъи гьекъолезул
Къокъабазда чIвана бер,
«Гьел туристал ратилин»,
Гьабуна дица пикру,
Гьаб тIалъуда хваразул
Хабар жеги лъаларел.
МухIаммад Биясланов, ТIелекь росу.