Аслияб гьумералдеИмамасул цIар
Имамасул цIар

«Дуй памятник гьечIо, Гьеб дуй кIваричIо,
Мун Дагъистаналда Гьавурав гIола…»
Р. ХIАМЗАТОВ
1
Шамил имамас буго
Диде калам гьабулеб,
Гьайбатав инсан вуго
Дунгун гара-чIварулев.
АскIове гьев вачIана,
НасихIатал гьаруна,
ЧIалгIен буссиналдего
Чода цеве паркъана.
Цояб хъатикь ккун хвалчен,
Цоялъ кодоб чолорхъжо.
Черх сорозе гьабуна
Дида бараб сириялъ.
Унгояб макьуйищ гьаб
Ялъуни хIакъикъатищ?
ХIинкъийищ, рохелищ дир
Чорхолъе гIедегIараб?
Яги дов Имамасул
Сипат цебе бачIиндал,
Сабураб гьаб ракIалъул
Низамищ хвезабураб?
Унго, кинаб хIикмалъи
Дихъе рещтIун бачIараб,
Дов Шамил имамасул
Сурат цебе тIамизе.
2
Дир гIагарал мугIрузда,
ГIакъилал харабаца
Хвел гьечIеб лъалкI цIунана
ЦIар арав Имамасул.
Шамилида релълъарал
Лъимал гIемерлъагиян,
ЛъабцIул нухалъги ахIун,
ЦIар кьуна Имамасул.
Дол гIассиял рагъазул
РекIелъ бал ччураб хвалчен
Хазина гIадин нахъе
ЦIунана магIарулаз.
Имамас рачлихъ борчун,
Чилъи цIунараб ханжар
Халичаялда бана
Сабурал магIарулаз…
ЛъикI вуссарав мун, Шамил,
Щванищ дурго ракьалде,
Дол рикIкIадал улкабахъ
ЧIалгIинчIищ дуй сапарал?
РещтIа айгъиралдаса,
Дагьалъ лъалхъиги гьабун,
Хвалчен борхараб дур квер
Баче магIарулазгун.
3
Шамилиде битIараб
Кьвагьизе къачIан гулла.
Имамасде рехараб
Гьерсазул цIураб рагIад.
Гьеб хIажалъун букIана
РекIелъ хъублъи бугезе,
Чилъи чIинчIуялъ хисун,
Хиянат гьабулезе.
Гьури пулеб рахъалде
ГьетIун рекерулезе,
ХIелиги ничбахъиги
Намусалъ къабулазе.
Къоабилеб гIасруялъ
ГIаламалдаса балъго,
Бахчана гьеб ритIухълъи,
ТIекълъиялде нух рагьун.
Къоло цоабилелъул
Гьогьен гIагарлъарабго,
Гьаб гIумруялъул кьалбал
КьучIдасанго хисана.
Хвалдаса борчIизелъун
ЧIучIадулеб гьаб тарих,
ТахбакIидеги бахун,
Щулаго гIодоб чIана.
4
Шамил гIолохъанлъуда
ГIараб гIелму цIалулев,
МутагIиллъун рикIкIадал
Росабалъе щолаан.
КIуяда росу къотIун
Гьев гIолилав унелъул,
ГIодор чIун годекIанир
КIудиял чи ругоан.
Ассаламу гIалайкум,
ВагIалайкум ассалам.
НухбитIаги, гIолилав,
ГIодов чIа, гара-чIваре.
Баркала, кIудияв чи,
КIвар бугел ишал руго.
Ина, нужей къо-мех лъикI,
КъваригIел хехаб буго.
КIудияв чи кIалъана:
Квербакъаги, дир васин,
«Гьаб нахъзаманаялъул
РитIухълъидал къеркьохъан».
Шамил нухде вахъана.
КIудиясул рагIабаз
Пикрабалъе тIамуна,
Ургъизе жо букIана.
Кинабго гьеб хIакълъана,
Имамлъун гьев вахъана,
Эркенлъи – ритIухълъидуй
Рагъал унел рукIана…
Бицуна, гIемер сонал
Сверана, гьеб кIочана.
Имамасда кIоченчIо
КIудиясул доб калам.
КIудияв чи цIехана,
Хоб гьесул балагьана;
Гьари-дугIа гьабуна
Имамас – Шамилица.
Гьев чи вукIана Къосел,
Къадаралъ ана вачун,
Амма тарихалъ хъвазе
Тана наслудай бицен.
5
ХIамзат чIван хадусала
Имамлъун тана Шамил,
Генуса МухIамил вас,
Дагъистаналъул узден.
Хьиндалазул росабалъ
Халкъ данде бакIарана,
Данделъана ГIашилтIе,
Имамлъун гьев вищизе.
Гъора гIашилтIисезул
КIудияб мажгиталъур,
РакIарарал гIадамаз
Шамил гьенив ахIана.
Щуго муридгун цадахъ
Лъелго гьев тIаде щвана,
Цинги гьев михIбаралъув
МухIканго гIодов чIана.
«Шамил, мун рази вугищ
Нижер Имамлъун чIезе?»
«Рази вугоян абун»,
Данде жаваб гьабуна.
«Имамлъи щулалъеян,
Баракат рещтIагиян»,
Кверал зодойги ритIун,
Гьари-дугIа цIалана.
«ФатихIаян» къадияс
Кверал магжида лъуна.
«Амин, аминан» абун,
Халкъалъ тIаде жубана.
Къади ва гьесда хадур
Данделъарал гIадамал,
Шамилида Имамлъи
Баркун аскIоре ана.
6
Имамлъун ккаралдаса
Эркенлъиялъе гIоло,
Наибзабигун цадахъ
Гьужумалъ гъеж гурана.
Росабалъе сверана,
Диналъе квербакъана,
Къосун букIараб агьлу
Эсие мукIурлъана.
Гьале Дагъистаналда
Шамилица рагъ лъуна,
Пачаясул щулалъи
Щущазе гьабилилан.
Залимал хIакимазул
ХIал-зулмуялъ зурарал
РачIана Имамасде
Иман гьарун гIадамал.
ТIолго Авариялда
Эс рагъ лъазе гьабуна,
АнцIазарго рекIарас
Даргъо къватIибе тана.
МухитIе тIаде щведал,
Ансадерил росдаде
Балагьараб магIарде
Рахине амру кьуна.
Ансал, гьеб къокъа бихьун,
Къарукъун тIаде щвана.
Шамилил къуват лъайдал,
Лъутана рахъ-рахъ босун.
Ансадерил ва цоги
ГIурус горнизоналъул
Кумек щвеялъе ругел
Хьулал хIорго хутIана.
Гьезул къуват дагьлъана,
КъебедхIажи, Аносов
ХутIарал солдаталгин
Кумек гьарун рачIана.
Хадусеб къоялъ Имам
Балахьуниве щвана,
Думский горнизонгун
Гьес кодове восана.
Гьедин эркен гьабуна
Зулмудукь букIараб халкъ.
БецIлъиялдаса кьерун,
Кьуна гьелъие канлъи…
Гьединан къеркьолаго,
Къоло щуго сон ана:
Къоло щуябго рии,
Къоло щуябго хасел.
ХисичIо Имамасул
У, тIоцебе бараб гьа,
Гьаб ГъунимегIералда
Гьев асирлъун кканиги.
7
Къисмат. Унго, мун къисмат
Чан батIияб бугеб гьеб?
Къоло щуябго соналъ
Къеркьей – кьварараб къисмат.
Къоабилеб доб гIасру,
Дуда лъураб бидул тIанкI,
Къоло цоабилелда
Лъезе гурилан хIинкъун.
Кьураби, мугIрул щайзе
ШуричIого чIун ругел,
Нужер гьеб каранлъ гьечIищ
Гьаб наслудай нугIлъул лъалкI.
Араб лъоб гIасруялде
РагIад рехизабурал,
БецIлъукь хутIарал ракIал,
РорчIуларел кин хехго?!
8
Гьале лъов имам Шамил
Валагьун сураталда,
Жакъасев магIарулав
Дир къисматалъул нугIлъун.
Доб цебе кинигинан,
РахIат хун гьумер гьечIо.
Имамасул сабруялъ
Салам лъун буго рекIелъ.
Къоло щуябго соналъ
Рагъда къуркьиго лъачIев.
Къоло щуябго соналъ
Свакалъ кивго тархъичIев.
Свакан вуго гьав Имам
Жакъа гара-чIваризе,
ХIалхьи гьабизе лахIзат
ГьечIо гьасда батулеб.
ХIалхьи гьабизе лахIзат
ТечIо даим гьерсица,
МацIихъабаца лъурал
ЛъилъичIо рекIелъ ругънал.
Лъилъуларел гьал ругънал
Руго жакъа гIемерлъун,
Лъилъулел цIилъизеги
Буго гьанже захIмалъун.
ЗахIматалъулъ гуребищ
ХIалхьи дуда батулеб.
Къеркьеялъулъ гуребищ
РитIухълъи дуе гIолеб.
9
Имам, гьаб ракьалде мун
Жакъа вачIуневанищ,
ГIамал-тIабигIаталъул
ВагIза нижей цIализе.
Щивазул ракIазулъе
Лъугьун рещтIуневанищ,
ГIумруялъе къиблалъун,
Къоязде бараб нурлъун.
Гьаб ракьалъе цIидасан
ЦIилъи-хинлъи кьелаан,
Кьварарал мугIрузул вас,
Мун жакъа вугевани.
Нилъеда гьадинаб хIал
ХIакълъунго кIоченаан,
КIудияв Имамасул
Амруяб калам гIуни…
ГIумру белъанхъулеб куц
Циндаго инсанасда,
Ахирги гьаб къисматалъ
КъотIула гьелъий хIукму.
Къин гьечIеб ицц киниги,
Киданиги хвел гьечIеб,
Халкъалъ ракьалда цIунун
Буго Имамасул цIар.
МухIамад ХIасанов, Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член, Гъуниб район, КIуяда росу.