Щукрудул рагIал гьечIо

Хирияб Къуръаналда буго (сурату «Ибрагьим», аят 34, (магIна): «Аллагьас нужее кьун буго нужеца гьаранщинаб. Аллагьас кьунщинаб нигIмат нуж рикIкIине лъугьани, нужехъа бажаризе гьечIо. ХIакълъунго инсан ритIухълъи гьечIев ва щукру дагьав вуго», - ян.
Аллагьас ﷻ кьурал нигIматазда аскIоб нилъер ритIухълъи гьечIолъи буго, тIоцебесеб иргаялда, гьеб нигIмат кьурав Аллагь ﷻ вукIин бихьунгутIи, гьеб чара гьечIого тIадаб жолъун бихьи, нигIмат букIиналъе ва букIинабиялъе гIиллалъун нилъго рихьи. ХIисаб гьабе, сверухъе ралагье, Аллагьас ﷻ нилъее кьун бугеб нигIмат жидее кьун гьечIезухъ. Гьел нилъедаса къадарал яги нилъ гьездаса тIокIал рукIун гурелъул. Гьеб буго Аллагьасул ﷻ нилъеде бугеб гурхIелги, гьелдаго цадахъ нилъер хIалбихьиги. ХIалбихьилъунги буго, гьел нигIматазда аскIоб нилъеца щиб гIамал гьабулебали бихьизе риччан тей. Нилъер гIамал бихьун жазаъ дунялалдагоги гьабула гIемерисеб мехалда. Яги нигIматал тIаса инарула, яги гьездалъун тIаде балагьал риччан хIалал рихьула.
ЛъикI таниги, квеш таниги, кинал балагьал тIаде тIамуниги, кинал нигIматал тIаде риччаниги нилъеда кIочене бегьуларо цо къоялъ гьеб кинабгоги тун нилъ гьаниса ахираталде къокъине рукIин. Имам ЯхIя ибн МугIазица «ДжамигIул гIулум ва хIикам» абураб тIехьалъул 383-абилеб гьумералда хъван буго: «Дунял буго шайтIаналъул нилъ мехтизарулеб жадул лъамалъи. Гьелъ мехтизе чIарав вигьунаро хваразда гьоркьове жив ворчIичIого ва гьелги жалго къеялдаса, ай дунялалъ гуккиялдаса ракI унтулеллъун ругел», - абун.
Гьаниб нилъер мурад букIине ккола Аллагь ﷻ лъай, гьесде гIагарлъи. Аллагьас ﷻ кьурал нигIматаздеги машгъуллъун, гьел нилъеего щвеялъе гIиллалъун нилъгоги рихьун, гIумру цебехун бачине лъугьани, чара гьечIо нилъ шайтIаналъул лълъар гьекъаразда гьоркьоре ккечIого.
Цо шайихас абун буго: «Катида цебе гьанал кесек лъуни, гьелъ гьеб гъираялда кваназе буго. Амма гьебсагIаталда гьелда цебесан гIункIкI бекерун ани, гьеб гьелда хадуб бортизе буго, доб кваналеб букIараб гьанал кесекги тун. Инсанасул чIолохъжо бан чIоларел хьулазе цIакъ рекъараб буго гьеб катил мисал. Инсан, жиндагоцин лъачIого, бугеб жо гIунгутIиялъ хачадулевлъун вуго дунялалъул берцинлъабазда хадув, гьеб хIакъирлъилъун букIинги лъалаго ва жиндие Аллагьас кьуралде щукруги гьабун, щукруялдалъун гьебги берцин гьабун вукIине рес бугеб мехалда», - абун.
Дунял гьаби какун гьечIо, бокьи гурони. НигIматалги гьукъун гьечIо, щукру гьабизе ккей тIадаб гьабун гурони.
ПАТIИМАТ ХIАСАНОВА