Аслияб гьумералде

ШайтIан инжитлъулеб къо

ШайтIан инжитлъулеб къо

ЗулхIижа моцIалъул ичIа-билеб ккола ГIарафа къо. Гьеб къоялъ гьабураб лъикIлъиялъухъ чанго нухалда цIикIкIун кири щолин абула. ХIакъикъаталдаги гьеб къоялъул тIадегIанлъи гIицIго Аллагьасда ﷻ гурони лъаларо. ЛъикIлъиго гIадин, гьеб къоялъ гьабураб квешаб гIамалги чанго нухалъ кIодо гьабун хъвала. Гьединлъидал бищун цIодорав чи вуго гьеб къо гIибадат-тIагIаталда ва Аллагьасе ﷻ дугIа-алхIам гьабун тIобитIарав.

 

Гьеб къоялъ кIал кквезе суннатаб буго. Муслимица бицараб кьучIаб хIадисалда буго: «Аварагасда ﷺ цIеханила гIарафа къоялъ кIал кквеялъул хIакъалъулъ ва аварагас ﷺ абунила: «Гьеб къоялъ кIал ккурав чиясул араб соналъулги бачIине бугелъулги мунагьал чурула», - ян. Гьединго Байгьакъияс ва ТIабаранияс ГIаишатидасан бицараб хIадисалдаги буго: «ГIаишатица Масрукъида абуна: «Ва, Масрукъ, дуда рагIичIищ Аварагас ﷺ гIарафа къоялъ кIал кквей азарго батIияб къоялъ кIал кквеялда бащадаблъун гьабураблъи».

ГIадамазда гьоркьор ругел мунагьал абуни, гьел тIаса лъугьиналдалъун гурони тIаса кколаро. ХIежалда вугев чиясе суннатаб буго гьеб къоялъ, гIарафа магIарда гьабулеб гIибадаталъе хIал-къуват букIинелъун кIал кквечIого тезе.

ГIарафа магIарда бугеб данделъи ккола лъагIалида жаниб цо нухалъ гьабулеб, дунялалдаго бищун кIудияб бусурбабазул данделъи. Гьенир данделъула дунялалдаго бищун гIемерал вализаби, будалаал, акътIабал, автадал, сидикъунал, гIалимзаби ва гьел гурелги. Гьенир рещтIуна Аллагьасул ﷻ киданиги цоги бакIалда рещтIунарел рахIматал, нигIматал, баркатал. Хирияб хIадисалда буго: «ГIарафа къоялъгIан хIакъирго, инжитго, нахъегIанаб хIалалда шайтIан, Бадруялъул къоялъ гурони, кидаго бихьичIила. Гьебги, гьеб къоялъ бусурбабазде рещтIунел рахIматалги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьезул чурулел чIахIи-чIахIиял мунагьалги рихьун». ГIарафа магIарда чIеялъул хиралъи бицун рачIарал хIадисал цIакъго гIемерал руго.

Къасиялдехун ГIарафа къоялъ ТIадегIанав Аллагь ﷻ ГIарафаялъул агьлуялдаса чIухIула ва малаикзабазда абула: «Балагье нуж гьал Дир ﷻ лагъзадерихъ, расги букIкI-букIкIун, хIурулги цIун Дихъе ﷻ рачIарал». ГIарафа къоялъ жиндир мацIги, гIинги, берги цIунарав чиясул ГIарафа къоялдаса хадусеб ГIарафа къо бачIинегIан гьарурал мунагьал чурула.

 

ГIарафа къоялъ 1000 нухалъ «къулгьу» цIализе лъикIаб буго. ГIарафа къоялъ гьабураб лъикIаб гIамал лъагIалица гьабураб гIамалалда бащалъула. Лъабго «къулгьу» цIалани, Къуръан цIалиялда бащалъула. ХIисаб гьабе, гьеб къоялъ 1000 «къулгьу» цIаларав чиясе щвезехъин бугеб кIудияб даражаялъул.

 

СултIан ГIалиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...