Аслияб гьумералде

Алжаналде нух

Алжаналде нух

Хъизан ккола ТIадегIанав Аллагьасул рахъалдасан бугеб бищун кIудияб сайгъат, лъикIлъиялъул ва рухIияб цокIаллъиялъул кьучI. Жакъа нилъеда гIемер рагIула ратIалъанин абун бицунеб. Цебе рос-лъади ратIалъизе цIакъго кIвар бугеб гIилла къваригIунеб букIун батани, жакъа хъизамал риххулел руго щибго гуреб багьана батунги. Гьеб ишкалалъул аслу ккола исламалъ васиятлъун гьабураб хъизамалъул къимат гьаби нилъеда лъалеб гьечIолъи.

 

Росасдаги лъадудаги лъазе ккола цоцазда цебе бугеб жавабчилъи. Гьеб лъалеб бугони рокъоб рекъел цIунизеги кIола. Рос ккола хъизамалъул бетIер, амма гьесул нухмалъи хъачIлъиялдалъун, гьукъиялдалъун гуреб, жавабчилъиялдалъун, гIакълуялдалъун ва Аллагьасукьа ﷻ хIинкъиялдалъун букIине ккола.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна (магIна): «Бихьинал руччабазул милат гьабулел руго, Аллагьас ﷻ цоял цогидаздаса тIокI гьарун рукIиналъ: гьезие жидер боцIудаса напакъа кьеялъулъ, гьезда амру-нагью гьабиялъулъ ва кинабго гьезие маслахIат бугеб жо гьабиялъулъ». (Сура «Ан-Нисаъ», аят 34)

Гьелъул магIна ккола росасда тIадаб бугин хъизаналъул тIалаб гьабизеян абураб, ай лъадигун лъимал хьихьизе, гьезие квен-тIех, ретIел-хьит ва хIинкъи гьечIеб бакI чIезабизе. Гьединго, рухIияб рахъги камил гьабизе. Аварагас ﷺ киданиги жиндирго руччабазде квер борхичIо, гьесдаса мисал босизе ккола щивав бусурбанчиясги.

Цо къоялъ халиф ГIумарихъе вачIун вуго пуланав чи, чIужуялда тIасан гIарзгун. НуцIихъ чIун вукIаго гьесда рагIула ГIумар-асхIабасда лъади хъачIго кIалъалей. Гьеб мехалда дов чиясда ракIалде ккола муъминзабазул амирасцин гьеб хIехьолеб батани, дица щиб гьабизе кколебин абун ва нахъе ине къасд гьабула. Амма ГIумарица гьев чIезавула ва цIехола щиб мурад букIарабилан абун. ТIаде вачIарас мурад бициндал, халифас абула: «Дир вац, дир чIужуялъ дие квен гьабула, ретIел чурула, лъимал гIезарула. Гьеб гурищ рахIмат? Дица гьелъул рагIи хIехьола гьел пайдабазе гIоло. Дур чIужуялъги гьабулеб батила гьебго жо. Гьединлъидал сабру гьабе, щайгурелъул, гьеб гIемер халат бахъине гьечIо», - ян.

ЧIужуялъ росасул адаб гьабизеги божилъи цIунизеги ккола. Аварагас ﷺ абуна: «Дица цонигиясда цебе сужда гьабеян амру гьабулеб букIарабани, чIужугIаданалде амру гьабилаан росасда цебе сужда гьабеян». (Тирмизи)

Гьелъул магIна кколаро чIужугIадан инжит гьайи. Гьеб буго ракълие гIоло гьабулеб иш. Бищун лъикIай чIужу ккола жиндирго хьвада-чIвадиялдалъун рос рази гьаюлей, гьев гьечIеб мехалда ритIухъайлъун хутIулей, гьесул магIишаталъул лъикIаб тIалаб-агъаз гьабулей, жиндирго ишазде машгъуллъун йикIаниги гьесул ахIиялъе жаваб гьабулей.

ХIадисалда буго: «ЧIужугIаданалъ паризаял какалги рани, Рамазан моцIалъул кIалалги ккуни, рацIцIалъиги гьабуни, росасеги мутIигIлъани, гьелда абула: «Дуего бокьараб кавудахъан Алжаналъуе лъугьа», - ян. (АхIмад)

ТалихIаб ригьнал аслияб балъголъи ккола цоцаздехун ракIбацIцIадаб адаб-хIурматалда рукIин. Имам АхIмад ибн ХIанбалил мисалалъ бихьизабулеб буго хъизамалъул талихI лъадул гIакълуялда ва мутIигIлъизе бажариялда бараб букIин. Имам АхIмадица лъадуда цадахъ 40 соналъ гIумру гьабуна ва цониги нухалда ккун гьечIо дагIба-рагIи. Кин духъа гьеб гьедин гьабизе кIварабин гьикъидал, гьес абун буго: «Гьелъул ццин бахъараб мехалда дун вуцIцIун чIолаан. Дир ццин бахъараб мехалда гьей юцIцIун чIолаан. Гьедин нижеца рокъоб рекъелги цIунана», - ян.

Хъизан ккола Аллагьасул ﷻ рахъалдасан кIудияб аманат. РекIел лахIзаталъул чIухIиялъ, ццим бахъиналъ гьеб хвезаби ккола ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ гурхIел-рахIмуялдаса инкар гьаби.

Аллагьас ﷻ нилъер хъизанал щула гьареги, питнаялдаса цIунаги ва рокьул, сабруялъул, баракаталъул цIезареги.

 

ГIиса МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...