Аслияб гьумералде

Росдал ва шагьаралъул хIаримазул баян

Росдал ва шагьаралъул хIаримазул баян

Росдал ва шагьаралъул хIаримазул баян

Росдал (шагьаралъул) хIарим ккола росдал агьлуялъ, магIишат-яшав гьабизе ккани, гIаммаб куцалъ, гьел жинде хIажалъулел, киназего гIаммал бакIал. Гьелги ккола къватIал, тратуарал, майданал, чIахIиял минабазда гьоркьор тарал гIатIилъаби, лъимал расандулел бакIал, рищни балел бакIал, лъин чваххулел рахъал, годекIан, боцIи данде гьарулел бакIал, боцIи кваназабулел бакIал, цIул гьабулеб бакI, ай рохь.

Росдал боцIи хьихьулеб бакI ва цIул къотIулеб рохь росдада гIагарда бугони, гьеб росдал хIаримлъун букIиналда киналго гIалимзаби тIад рекъана. Гьединго гIемерисел гIалимзабаз абула росдал хIаримлъун рикIкIунин росдал агьлуялъул боцIи кваналел бакIал ва цIул къотIулеб рохьги. Гьеб кIиябго рикIкIад бугониги, росдал гIадамазул гьезде лъагIалида жаниб цо нухалъниги хIажалъи кколеб батани. Росу ва шагьар гIадинаб бакIалъул хIаримлъун бугеб ракь буго киназего гIаммаб ракь. Гьелъул кигIан гьитIинаб бугониги бакIалда цо хасав чияс тIад квер лъезе бегьуларо, гьеб хIарамаб жоги буго ва гьелдалъун гьеб гьесул мулклъунги лъугьунаро. КIудиял гIалимзабаз тIахьазда хъвалеб буго вакъфу гьабураб бакI кквеялдасаги захIматаб бугин хIарималъул бакI кквей.

Вакъфу гьабураб бакI ккурав чияс Аллагьасда цебе жаваб кьела. Росдал хIарималъул бакI ккурав чияс гIадамаздаги Аллагьасдаги цебе жаваб кьезе ккола. Гьелда цо хасав чияс яги гIадамаз квер лъезе ва гьелдаса гьитIинаб бугониги бакI кквезе хIарамаб букIиналъин гьелда «хIаримилан» цIарги абулеб. Нухалъе ва къватIалъе тараб бакIалда цонигияс жиндирго рукъалъул кIалтIа бугониги, ганчIил гьабураб гIодор чIолеб мегIели (скамейка) лъезе, гьениб гьитIинаб бугониги бакI кколедухъ гIодоб щула гьабураб болъо гьабизе ва гъветI чIезе хIарамаб буго, гьелъие имамас изну кьун батаниги, гьелдалъун нухдасан рилълъанхъулезе зарал батичIониги.

Вакъфу гьабураб бакI ккурав чияс Аллагьасда цебе жаваб кьела

Гьелдаса зарал гьечIониги гьеб хIарам гьабиялъе хIикматги буго, гIалимзабаз абухъе, нухлуе бихьизабураб бакIалда лъица бугониги жиндирго рукъалда цебе гъветI чIун, яги сетка ккун жанибе буссинабун, яги гьениб мегIелигIадаб жо лъун, заман индал гьеб бакI рукъалъул бетIергьанчиясул мулкалда релълъуна ва жакъа гьелде хIажат гьечIониги, хIажатаб къо бачIараб мехалъ, гьезухъа ва гьезул лъималазухъа гьеб бахъизе захIмалъула. КъотIносан хьвадулел гIадамазе щибго зарал гьечIони, жанибе буссинабичIого тараб бакIалда чIараб гъотIодаса нухда унезе пихъ кваназе толеб бугони, гъветI чIезе бегьулин абулел гIалимзабиги руго.

ХIарималда бараб мажгит, мадраса

Росулъ яги шагьаралда халкъалъул хIажалъи кколел бакIазда гIадамазе къварилъи кколеб бугони, гьениб щибго жо базе шаргIалъ хIарам гьабун буго. Росулъ хIаримлъун рикIкIунеб гIатIилъи бугеб бакIалда бараб мажгитцин, халкъги гIемерлъун, гьелъ квалквал гьабизе лъугьани, биххизабизе тIалъулин буго. МухIаммадгIали ЧIухъияс (рахIимагьуЛлагь) гьелъие гIемерал гIалимзабазул накълаби данде гьарун руго жиндирго «Фатаваялда». Гьелде раккизе бегьула.

ХIарималда бараб мажгит, шаргIалда гьеб биххизе кколеблъун батаниги, биххизегIан гьениб жаниб как базе бегьунгутIи букIунаро. Гьениб жамагIат гьабун как базе ва сапаралде вахъарав чиясе жеги как къокъ гьабизе бегьулареб бакIалда, ай росдал гIорхъиялда жаниб бугони, рузманалъул как базеги бегьула, гьенир хIалтIулел хIалтIухъабаз хIалтIухъ харж босизеги бегьула.

АХIМАД-ХIАЖИ ГIИСАЕВ, ИСЛАМИЯЛ ГIЕЛМАБАЗУЛ ДОКТОР

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...