Аслияб гьумералде

«Ричулел руго эбел-эмен»

«Ричулел руго эбел-эмен»

Гьаб дунялалда гIемерал лъугьабахъинал ккола. Цояздаса цоял гIажаибалги рукIуна. Цо-цоялъ ракI бохизабула, цогидалъ къваридги гьабула. Амма кинаб батаниги лъугьа-бахъиналда жаниб батула пайда босизе рекъараб мисал.

Интернеталъул гьиназда сверулеб бугеб гьадинаб цо лъугьа-бахъиналъ цIакъ гIажаиблъизавуна. Гьениб хъван бугоан «Ричулел руго эбел-эмен» абун. Гьабго щиб хIикматилан ракIалдеги ккун, ахиралде щвезегIан цIалана. Гьале гьелъул таржама: «Япониялъул тахшагьар Токиоялъул цо казияталда хъван буго гьадинаб магIнаялъул лъазаби: «Ричулел руго эбелэмен. Инсул буго 70 сон, эбелалъул - 65. Гьезул багьа - 1000 иен», - ян.

Гьеб лъазаби бихьанщинас хIикмалъи гьабулеб букIана. Балагьейин бачIун бугеб заман, эбел-эмен ричиялде ккун бугин абун. Цогидаз абулеб букIана улкаялъул хIукуматалъгIаги кин толеб гьединал ишал гьаризейилан. Гьелда сверухъ кIудияб ахIихIурги бахъун букIана. Гьеб лъазаби бахъараб казият кодобе щвана цо гIолохъанаб хъизамалъухъе. Гьеб букIана гьезул эбел-эмен авариялде ккун гIумруялдаса ратIалъун гIемер мех инчIеб заман. Гьезда хадуб ракI биун унеб букIана лъималазул. Гьеб лъазаби гьез рикIкIана вахIшияб ишлъун. ПалхIасил, гьез хIукму гьабуна жидерго эбел-инсул бакIалда рукIинелъун гьел ричун росизе.

Лъазабиялда бихьизабураб адресалда рекъон индал, гьезда батана кIудияб мина. Мекъи ккезе рес гьечIолъи мухIканлъарал гьез хIукму гьабуна жанире лъугьине. Гьезие нуцIа рагьана ригьалде вахарав чияс. Казияталда кьураб лъазабиялда рекъон рачIарал ругин абидал, цIакъ лъикIин, жанире лъугьайин кIалъана хважаин. Столалда нахъа чай гьекъолаго, хважаинас ва гьесул лъадуца гьадин бицана лъазаби кьеялъе ккараб гIиллаялъул хIакъалъулъ.

- Ниж руго ригьалде рахун, нижер гьечIо лъималги. Амма магIишат квешаб гьечIелъул, гьеб кинабго лъиедай кьелебин ургъулаго, ракIалде бачIана гьадинаб лъазаби кьезе. Нижеда ракIалде ккана херал гIадамал ричун росизе намус-яхI бугел гIадамазул гурони къасд ккеларин абун. Гьаб кинабго магIишат лъикIал гIадамазе мустахIикъабги букIинин абун. БитIараб бицани, нижеда ракIалде ккун букIинчIо гьеб иш тIаде босулев чиго ккелин абун.

Гьединлъидал нуж мустахIикъал руго нижер кинабго рателъалъе, - ян лъугIизабуна гьес калам. Балагьеха дунялалда лъугьа-бахъунелъухъ. Балагье гьел гIолохъабазулъ чIахIияздехун бугеб гурхIелалъухъ. Гьединго ригьалде рахаразул цIодорлъиялъухъги. Гьаб лъугьа-бахъиналда жаниб, гьайгьай, нилъее мисал босизе гIемерал рахъал руго. Аллагьас кумек гьабеги кIудиязул адабги гIисиназул хъатирги гьабизе.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...