Аслияб гьумералде

Аллагь ﷻ вукIин кин лъалеб?

Аллагь ﷻ вукIин кин лъалеб?

Аллагь ﷻ вукIин кин лъалеб?

Аллагь ﷻ вукIин лъала Гьес бижун бугеб гIаламалъухъ балагьун. Киназдаго бихьулеб жо буго гIисинал заррабаздаса байбихьун зоб-ракь, бакъ-моцI, цIваби, галактикаби, магIданал, хурдул, гъутIби, хIайванал, гIадамал, гьава, гIазу, гьурал, цIадал, мугIрул, ралъадал, гIорал - кинабниги жоялъулъ бихьулеб буго гIажаибго бижунги низамалда гIуцIунги букIин.

Гьаб киналъго нугIлъи гьабула гьеб бижарав, гьеб гIуцIарав ва гьеб низамалда хьвадизабулев цогояв Аллагь ﷻ вукIиналъеги, Гьев чIагояв, кинабго бокьулев, сундаго хIалкIолев, кинабго лъалев Халикъ вукIиналъеги. Масала, цо машинаялде яги сагIтиде нилъ балагьани, гьеб кIиялъго нилъеда бицуна гьел гьарурав устар вукIинги, гьаризе гIураб бажари-лъай, бокьи бугев чIагояв гьев устар вукIаравлъиги.

Хасго гьадинал мисалал рачун лъималаздаги малъизе ккола диналъул битIараб гIакъида. Гурони гьезда жаниб цогидаз батIияб игIтикъад лъола.

КантIизари

1.ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ хIакъикъияб кIодолъиялдаги, тIадегIанлъиялдаги, камиллъиялдаги живго Аллагь ﷻ гурони нахъ гIунтIуларо.

2. Инсанас Аллагьасул ﷻ заталъул пикру гьабун, Гьев цеве чIезавизе лъугьаниги, Аллагь ﷻ гьелда релълъарав гьечIо, инсанасул пикру кинго Гьесда нахъ гIунтIизе рес гьечIелъулха. Гьединлъидал Гьесул заталъулъ пикру гьабулев чи мекъи ккола.

3. ТIадегIанав Аллагьасул 99 берцинаб цIар буго, гьел рикIкIарав чи Алжаналъуве лъугьуна.

4. Аллагь ﷻ цо вугилан абураб жоялъул магIна ккола, Гьев цо вуго заталъулъги, сифатазулъги, афгIалазулъгиян (гьарулел ишазулъ) абураб. Гьесул зат щибниги жоялъулъ гьечIо, Жив тун батIияб жо Гьесул заталъулъги гьечIо, Гьесул зат цогидаб жо гIадин бутIабаздасаги лугбаздасаги гIуцIараб гьечIо, бутIабазде бикь-бикьулебги гьечIо. Гьесул цониги сифат цогидаб жоялъулъги гьечIо, цогидаб жоялъул сифат Гьесда жанибги гьечIо. Гьесул сифаталги цо-цо гурони гьечIо. Гьесул лъай, бокьи, хIалкIолъи, бихьи, рагIи, кIалъай, щибаб сифат цо-цо буго. Цо лъай абураб сифаталдалъун Гьесда кинабго лъала. Цо бокьи абураб сифаталдалъун Гьесие кинабго бокьула ва гьединго цо-цо сифаталдалъун кинабго бихьула, кинабго рагIула, кинабго абула. Гьес бижулеб жоялъулъ, гьабулеб ишалъулъ Гьесдехун гIахьаллъи гьабулеб щибго жоги гьечIоян абураб магIна ккола Аллагь ﷻ цо вугилан абиялъул.

ХIабиб МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...