Аслияб гьумералде

Аллагьасул тIахьал

Аллагьасул тIахьал

Щивав бусурманчияс ракIчIезабизе ккола ТIадегIанав Аллагьас аварагзабазухъе тIахьал рещтIун рукIиналда. Гьезул данде гьаруралги руго, нилъеда лъаларелги руго. Данде гьабураб ункъо тIехь букIана.

ТIоцебесеб – Таврат.

Гьебги Аллагьас Муса аварагасде рещтIун букIана. Амма ягьудиязул цIаларал чагIаз гьелъул гIемерисеб хисизабуна ва балъго гьабуна. ХIакъикъияб Тавраталъул дагьа-макъаб жо гурони хутIичIо. Гьедин абуна ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда.

КIиабилеб – Забур

Гьебги Давуд аварагасде рещтIун букIана.

Лъабабилеб – Инжил

Гьеб ГIиса аварагасде рещтIун букIана. Гьелъулъги тIоцебе букIаралдаса гIемераб хиса-баси гьабуна. Инжилазда гьоркьоб бищунго битIаралде гIагараблъун рикIкIуна Барнабал Инжил. ГьабсагIаталда насраниязухъ кодор ругел ЮхIанал, Лукъал Инжилаздаги гьелдаги гьоркьоб кIудияб батIалъи буго

Ункъабилеб – Къуръан,

нилъер МухIаммад аварагасде рещтIараб. Гьелъул ункъо цIар буго: Къуръан, Китаб, Аззикру, Фуркъан. Гьебги бикьун буго 30 жузалде. Къуръаналда буго 114 сура, 6616 аят, 77934 рагIи, 333671 хIарп. РещтIаралдаса байбихьун жакъа къоялде щвезегIан гьеб, цогидал рещтIарал тIахьал гIадин, исламалъул тушбаби кигIан къеркьаниги, хисизабизе кIвечIо. Щайин абуни, гьеб хисизабиялдаса цIунизе Живго ТIадегIанав Аллагьас тIаде босун букIун. Цогидал тIахьал цIунизе Аллагьас тIаде росун рукIинчIо.

Гьединго Аллагьас

Ибрагьим аварагасухъе тIанчал рещтIун рукIана. Таврат рещтIиналде цебе Муса аварагасухъеги рещтIун рукIана тIанчал.

ХIАСАН МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...