Аслияб гьумералде

Кида кIоченеб...

Кида кIоченеб...

Кида кIоченеб...

ХIурматияб диналъул агьлу, дагъистаниял. Лъиего балъгояб гьечIо 23 июналда МахIачхъалаялдагун Дербенталда ккарал терроризмаялъул вахIшиял лъугьа-бахъинал. Гьелъул хIасилалда гIумруялдаса ратIалъана 20-ялдасаги цIикIкIун чи. Щалха гьел гIадамал рукIарал? Гьел рукIана полициялда хIалтIулел нилъерго диналъул вацал, гьединго насраниязул дин ккурал, гьезул килисаялда хъулухъ гьабулел рукIарал гIадамал.

 

Инсан чIвай ккола чIахIиял мунагьазул цояб. Гьеб буго ТIадегIанав Аллагьас рижарал лагъзал хвезари. БетIергьанасул ццим бахъин тIаде цIалеб вахIшияб мунагьги ккола гьеб. Ракълилаб къотIиялда ругел цогидал диназул церехъаби чIвазе исламияб диналъ ихтияр кьоларо. Хирияб Къуръаналда буго: «Жинца цониги нафсалде данде гуреб яги чIвазе бихьизабураб хIакъалдалъун гуреб куцалда нафс чIвай киналниги гIадамал чIваялда релълъун буго», - ян (сура «ал-Маидат», аят 32). Гьединаб мунагь кIудияб жо ккола чи чIвай.

Чи чIвай ккола цониги диналда хIалал гьабичIеб жо. Исламалъул ва гъазаваталъул цIаралда гъоркь дунялалда пасалъи гьабиялъ, расги гIайиб гьечIел гIадамал чIваялъ щибниги лъикIаб хIасилалде рачунаро.

Ахирзаманалъул балагьлъун кколеб буго терроризм. Гьелъул гьечIо щибго миллат, дин, гIаданлъи ва яхIгун намус. Гьеб буго инсаният пасат гьабизе ургъараб ва гьелда тIад хIалтIулеб бугеб вахIшияб къокъа. Гьедин гурони цоги къагIидаялда бичIчIизе ресги гьечIо.

Террористаз Къуръаналъул аятал кигIан гIемер цIаланиги, диналъул бицун гаргаданиги гьел руго исламалъул нух биххизабиялда тIад хIалтIулел ругел гIадамал. Гьаб буго информация тIолабго дунялалда хехго тIибитIизе киналго ресал ругеб заман. Бусурбаби гурел цогидал халкъазда цере кинаб къадру букIинеб гьез гьабулеб вахIшилъиялъул. Гьезул пикруялда ва гьезда цере бусурбабазул хIакъалъулъ кинаб пикру лъугьине рес бугеб? Гьединал мекъал ва нахъегIанал ишаз гурищ исламалдаса гIадамазул ракI буссинабун ва хIинкъзарун ругел. Лъица кьолеб ихтияр исламалдаса гIадамал нахъе тIуризаризе? Гьелдаса кIудияб такъсир цоги бугодай?

Гьаб нухалда гIадаб нахъегIанаб иш цебе киданиги букIинчIо. Киналниги диназул вакилзабазда гьоркьоб кьал кколеб иш гьабун буго. Кида ва лъида кIоченеб жидер килисаялде бусурбабаз гьабураб гьужум ва пасалъи? Исламалъ кинабго гIалам ахIулеб буго ракълиде. Исламалъул цIаралдаса хIалтIулез гьеб ахIи хвезабизе хIаракат бахъи тIокIабги кин бичIчIизе рес бугеб?

Щиб гIайиб ккун букIараб халкъалъул хIинкъи гьечIолъи цIунулел полициялъул гIолохъабазда? Гьезда хадур хутIарал бесдал лъималазда, къороллъуда хутIарал руччабазда, кIудияб пашманлъиялде ккарал улбузда кин бичIчIизабилеб гьеб лъугьа-бахъин?

Щивав чияс хъаравуллъи кквезе ккола тIоцебе жиндаго хадуб, бугодай дица гьабулеб мекъаб жо абун. Гьединго кIудияб хъаравуллъи къваригIуна лъимал-хъизамазда хадубги.

Гьаб буго техника цебетIураб гIасру. Лъималазегун гIолохъабазе тарбия кьолеб батулеб буго телефоналъгун щибго хIажат гьечIел интернет-сайтаз.

Гьаб заманалда тIолгодунялалъулго тIадецуй буго Россиялде. Нилъер ватIаналда рекъел-маслихIат бокьуларел камулел гьечIо. Гьедин бугелъул, нилъерго бетIерги, мина-ватIанги цIунизе цоги чи вачIунареблъиги лъан, берцинго рукIине хIаракат бахъизе ккола. Нилъго рукIине ккола цIодорго, гIакълу дандбазе ккола диналъул церехъабазулгун, гIалимзабазулгун ва гIакълу камилал харабазулгун.

Дунялалда лъугьа-бахъунебщинаб БетIергьанасул къудраталдалъун гурони лъугьунаро. Нилъеда тIадаб жо буго кинаб заман ва балагь бачIаниги, исламалъул нухги ккун, балагьалде сабругун, нигIматалде шукругун гIумру ракълида тIамизе хIаракат бахъи.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...