Аслияб гьумералде

Жагьлу цIикIкIин

Жагьлу цIикIкIин

Жагьлу цIикIкIин

Къиямасеб къо тIаде щвеялъул гIаламатаздасан ккола гIелму тIагIин ва жагьлу цIикIкIин. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гIалимзабазул рекIелъа гIелму бахъуларо ва амма гIалимзаби тIаса росула, цинги гIелмуги тIагIуна. Гьеб сабаблъун ракьалда жагьлу цIикIкIуна.

Къиямасеб къоялъул гIаламатаздасан ккола лъикIал, гIелму бугел, Аллагьасукьа ﷻ хIинкъарал гIадамал дагьлъи ва квешал пасикъзаби цIикIкIин. Ахир къиямасеб къо тIаде щведал гьаб ракьалда пасикъзаби гурони хутIизе гьечIо.

ГIабдуллагь ибн ГIамрица бицана аварагас ﷺ абунин: «ЛъикIал чагIи тIаса росун гурони къиямасеб къо тIаде щоларо. Цинги, лъикIалде амруги гьабуларел, квешалдасаги нахъчIваларел пасикъзаби хутIила». (АхIмад)

Исламалъул дагьабниги лъай бугел бусурбаби ракьалда хутIуларо. ГIабдуллагь ибн ГIамр ибн Ал-ГIасидасан бицана аварагас ﷺ абунин: «ТIадегIанав Аллагьас лагъзадеридаса гIицIго гIелму нахъе босуларо, кинниги гIалимзаби гьаб ракьалдаса нахъе рачиналдалъун босула гIелмуги нахъе. ТIадегIанав Аллагьас киналниги гIалимзаби нахъе рачиндал, гIадамаз байбихьизе буго жидеего бутIруллъун жагьилзаби рищизе. Гьезие суалал кьезе руго ва щибго гIелмуги гьечIого гьез фатваби кьезе руго. Гьеб сабаблъун битIараб нухдаса къосине руго ва цогидалги гьез къосинаризе руго», - ян. (Бухари, Муслим)

Бищун лъикIаб заман, аварагас ﷺ, асхIабзабаз ва табигIиназ гIумру гьабулеб букIараб лъабго гIасру букIана. Гьелъулги бищун лъикIаб заман, аварагас ﷺ гIумру гьабулеб букIараб мех буго. ГIабдуллагь ибн МасгIудидасан бицана аварагас ﷺ абунин: «Дир гIасруялъул гIадамал бищун лъикIал руго, цинги гьезда хадур рачIарал, цингиги гьезда хадур рачIарал», - илан. (Бухари, Муслим)

Камил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...