Аслияб гьумералде

Лъалезе гурони кьунгутIи

Лъалезе гурони кьунгутIи

Къиямасеб къоялъул гIаламатаздасан ккола бусурбабаз лъалел чагIазе гурони салам кьунгутIи. Ибну МасгIудидасан бицана аварагас ﷺ абунин: «Къиямасеб къоялъул гIаламатаздасан ккола лъалев чи вукIун гурони цояс цогидасе салам кьунгутIи», - ян. (АхIмад)

 

Цогидаб хIадисалда буго: «Къиямасеб къоялда цебе лъалезе гурони барки гьабизе гьечIо», - ян. (АхIмад)

Щибаб къавмалъул букIуна жиде-жидер кIодо гьариялъул рагIаби. Масала, ислам загьирлъизегIан гIарабазул букIана гIадат, дандчIвайдал кIодо гьарун, «ХIаякаЛлагь» цоцада абулеб. Гьелъул магIнаги ккола Аллагьас ﷻ дур гIумру халат гьабегийин абураб.

ТахIияталъул рагIаби киналго лъикIал руго, амма ислам бачIиндал кIодо гьариялъул рагIаби «Ассаламу гIалайкум» абураб жеги берцинлъана. «Ассалам» абураб рагIиялъул магIнаги рекъел, саламалъи, паракъалъи, битIараб пикру абураб ккола. Бусурбабазда гьоркьоб салам кьей ккола цоцазул гIумруялде, къартIалде, боцIи-малалде тIаде кIанцIунгутIиялъе къотIи кьей гIадаб жо. Жеги салам кьеялъулъ руго гIемерал пайдаби, масала, цоцадехун рокьи, вацлъи, кумекчилъи загьир гьаби гIадал.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Нужее цояз тахIият, кIодолъи гьабураб мехалъ, нужецаги гьелдасаги лъикIаб тахIият гьабе яги нужее гьабураб гIадаб тахIияталдалъун жаваб гьабе. ХIакълъунго, Аллагь ﷻ Жинца кинабго жоялъул хIисаб ва жаза гьабулев вуго», - ян. (Сурату «Ан-Нисаъ, аят 86)

Гьаб аят буго муъминзабаз цоцазе салам кьеялъул баян. Исламияб диналда жаниб кIиго яги цIикIкIун чи дандчIвараб мехалъ цоцазе салам кьей суннаталдасан буго. Хирияв аварагас ﷺ абуна: «Дир нафс жинда кодоб бугев Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун гьедула дун, нуж алжаналде лъугьунаро нужеца иман лъун гурони. Нуж иман лъуралги рукIунаро цоял цоязе рокьизегIан. Дица нуж тIоритIилищ гьеб ишалде, нужеца жиб гьабуни нуж цоцазе рокьулеб!? Нужеца салам кьей тIибитIизабе», - ян. (Абу Давуд)

Жакъа къоялъцин гьедигIан хирияблъун бугеб салам кьей нилъеца тIибитIизабуларо лъалезда гьоркьобцин.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...