Аслияб гьумералде

Заман унебищ бугеб?

Заман унебищ бугеб?

Абу Гьурайратица бицана аварагас ﷺ абунин: «Замана хехлъидал Къиямасеб къо тIаде щвела», - ян. (Бухари)

Гьединго Абу Гьурайратица бицун буго аварагас абунин: «Замана хехлъидал Къиямасеб къо тIаде щвела. Гьеб мехалъ лъагIел моцI гIадин букIина, моцI – анкь гIадин, анкь – къо гIадин, къо – сагIат гIадин, сагIат – тIамач бухIулебгIанасеб заман», - илан. («Муснад», АхIмад)

Гьеб хIадисалъул баян гIалимзабаз чанго батIайиса гьабуна. Цояз абуна заман хехго иналъул магIна гьелъулъ баракат дагьлъи бугин. «ФатхIул Бариялда» ибну ХIажарица хъвалеб буго: «Нилъер заманалда халлъулеб буго, цересел гIасрабазда жиб букIинчIеб, къоял хехго унел рукIин», - илан.

Ибну ХIажар ГIаскъалани гьавуна 1372 миладияб соналъ. 650 соналъ цебеккунцин гьедин букIун батани, жакъа жеги цIикIкIун къокълъун ратиларищ къоял!? Радал берал рагьун рахъун рукIунаро, къаси сордо щун батула. Щибго гьабизе заман гIолеб гьечIин абун зигардулел гIадамалги рукIуна. Аварагасул заманалда рукIарал асхIабзабаз ва хадур табигIиназ какилъ кIиго ракагIаталъулъ Къуръан цIалулаанин ва сордоялда жаниб Къуръан чанго нухалъ цIалун рагIалде щвезабулаанин абураб жо нилъее гIажаиблъилъун букIуна.

Амма гьеб буго хIакъикъат. Жиделъ иман цIикIкIун букIиналъ ТIадегIанав Аллагьас гьезул заманалда лъолаан баракат. Гьезул баракат камугеги нилъееги! Амин. Цогидал гIалимзабаз абуна гьеб бугин имам Магьди ва ГIиса авараг рещтIине гIагарлъараб заманилан. РахIат-хIалхьиялда, гьарзалъиялда ругел гIадамазул заман хехго тIаса унеб жо букIиналъул магIнаялда.

Гьаб заманалъул цо-цо гIалимзабаз абула ахирзаманалда гIадамазда гьоркьоб тIибитIараб хурхеналъул алатал церетIеялъ ва хехго унел жал, ай машинаби ва цогидалги тIиритIиялъ гIадамазе заман гIагарлъун бугин. Цогидал гIалимзабаз абуна унго-унгоги заман къокълъи ва гьеб хехго ин Дажалил заманалда букIине бугин абун. Аллагьасда лъикI лъала.

ГЬУМЕР ХIАДУР ГЬАБУНА ЖАБИР МАЖИДОВАС

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...