Аслияб гьумералде

Жагьиллъи тIибитIи

Жагьиллъи тIибитIи

Жагьиллъи тIибитIи

Хирияв аварагас абун буго: «Къиямасеб къоялъул гIаламатаздасан ккола гIелму тIагIин ва жагьлу цIикIкIин», - ян (Бухари). Шакъикъица бицана: «ГIабдуллагьида ва Абу Мусада аскIов вукIаго, гьез абуна аварагас абунин: «Къиямасеб къоялда цебе рукIине руго лъавукълъи гIемерлъарал ва гIелму тIагIарал къоял», - илан (Муслим).

Абу Гьурайратидасан бицана аварагас абунин: «Заман къокълъила, гIелму тIагIина, низам биххараб, рекIелъ бахиллъи цIикIкIараб ва дагIба-къец гIемераб заман бачIина», - ян (Муслим).

Ибну БатIалица цебе рехсараб хIадисалъул магIна гьабулаго абуна: «Гьеб хIадисалда рехсарал киналго гIаламатал халлъизе байбихьана ва нилъеда гьел рихьулелги руго. ГIелму дагьлъун буго, жагьиллъи цIикIкIун буго, рекIелъе бахиллъи рехун буго, дагIба-къец ва чIвайхъвей цIикIкIун буго», - ян (ФатхIул Бари).

ГIелму тIагIиналъул магIнаги гIалимзабазул къадар дагьлъи буго. ГIамр ибн ГIасица бицана аварагас абунин: «ТIадегIанав Аллагьас гIелму инсанасул рекIелъа нахъе босуларо ва амма гIалимзаби нахъе рачуна гIелму бугев хутIиларедухъ. Цинги гIадамаз жагьилзаби жидеего церехъабилъун ккола. Щибго гIелму гьечIого кьурал суалазе жавабалги кьезе руго гьез. БитIараб нухдаса къосине руго ва цогидалги къосинаризе руго», - ян (Бухари).

Имам Нававияс гьеб хIадисалъул баян гьадин гьабуна: «ХIадисалъ баян гьабулеб буго, гIадамазул рекIелъа бацIцIунин абун гуро гIелму тIагIине бугеб, гIелму тIагIине буго гIалимзаби тIагIиналдалъун. ГIадамал жагьилзабазда нахърилълъине руго. Гьеб мехалъ битIараб нухдаса таризе руго ва цогидалги гьез таризаризе руго», - ян.

ХIадисалъулъ бицунеб гIелмуги шаргIияб гIелму ккола. Гьединлъидал жакъа къоялъул техникаялъул цебетIеялъ хIадисалде дандеккунгутIи бихьизабуларо. Жакъа интернеталъул гьиназда гIемер халлъула исламияб лъайцин гьечIез захIматал шаргIиял суалазе мекъал жавабал кьолеб. Гьелда тIаде, мекъаб гIакъида, ай Аллагьасде батIулал жал гIунтIизарулезухъ гIолохъабазги интернеталда цIикIкIун гIинтIамулеб буго.

ХIузайфатидасан бицана хирияв аварагас абунин: «Заман индал ратIлил кьер хисулебго гIадин исламги тIагIине буго. Заман ахиралде гIунтIидал как, кIал, хIеж, закат щибжояли лъазе гьечIо гIадамазда. Цинги Аллагьасул тIехьалде, ай Къуръаналде раккидал, ракьалда тIад цониги аят хутIизе гьечIо. Ракьалда цо-цо херал хутIизе руго. Гьез абизе буго: «Нижеда батана умумуз абулеб «жиндие лагълъи гьабизе кколев Аллагь тун щибго гьечIо», - абун, нижецаги гьелго рагIаби абула», - ян. Цинги ХIузайфатида цояс гьикъана: «Как, кIал, закат, хIежалъул щибго лъаларел гьезие цого-цо «жиндие лагълъи гьабизе кколев Аллагь тун щибго гьечIо», - абурал рагIабаз кумек гьабизе бугищ?» - илан. ХIузайфат жаваб кьечIого рикIкIалъана. ТIадвуссун лъабго нухалъ цIехана ХIузайфатида гьебго суал. Лъабабизе гьикъидал, нахъги вуссун, ХIузайфатица абуна: «ЦIаялдаса гьелъ цIунула», - ян («Сунан», ибну Мажагь).

Гьеб хIадисалъулъ рехсараб заман чара гьечIого кватIичIого тIаде щвеялда щаклъи гьечIо. Хал гьабидал, жакъа бусурбанчи абун хутIарал гIадамал руго как-кIалалъул, закат-хIежалъул щибго лъаларел ва гьелъул кIварги гьабуларел. Гьединал чагIазда абула «Этнический мусульманин» абун. ЦIар букIун гурони, бусурбанчиясда тIадал жал гьаруларо гьез.

Аллагьас кантIизареги!

КАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...