Аслияб гьумералде

Гьобол кIодо гьави

Гьобол кIодо гьави

Гьобол кIодо гьави

Инсанасул рекIелъ бугеб иманалъулги, гьесул тIабигIаталъул берцинлъиялъулги гIаламат ккола гьобол кIодо гьави, гьев рокъове вачин, гьесие тIагIам кьей ва хIажатал тIурай. Хирияв аварагас ﷺ хIадисалда гьеб баян гьабулеб буго гьадин: «Щив чи вугониги жинца Аллагьасдаги, къиямасеб къоялдаги иман лъолев, гьесда абе гьобол кIодо гьаве», - ян.

 

Цогидаб хIадисалда свалат-салам лъеяв Аварагас ﷺ абулеб буго: «Жинца гьоболги кIодо гьавуларев ва гьесул адабги цIунуларев инсанасулъ лъикIлъи гьечIо», - ян. Гьединго, хIадисалда буго: «Гьобол нужехъе жиндиего хъвараб ризкъиялда хадув вачIуна ва гьениса нахъе уна хъизамалъулго мунагьалги чурун, гьезие баракатги тун», - ян. Гьоболас кванараб жо Аллагьас ﷻ  гьесие хъвараб ризкъи буго, гьелдалъун рукъалъул бетIергьан мискинлъуларо, гьелъул гIаксалда, гьоболасул баракаталдалъун рукъалда баракатги лъола, рукъалъул агьлуялъул мунагьалги чурула.

 

Гьоболасул цIунизе тIалаб гьабулел адабал

  1. Гьобол къабул гьавила ракI разиго, яхI бахъила гьесул мурадал тIуразе, нахъе унев мехалъ гьоболлъиялда разиго вукIунеб хIалалъ. ХIакимица бицараб хIадисалда абулеб буго: «Нужее диналъул вацазул хIажатал тIуразе хьвади лъикIаб буго, кIиго моцIалъ мажгиталъуб игIтикафалда чIеялдаса», - ян.
  2. Гьоболасе бокьичIого гьесда хIалтIи малъиларо, бокьулареб рагIи абиларо. Бусурбабазул бетIер ГIумар ибну ГIабдул-ГIазизихъе вачIарав гьоболас гьесда гьарана: «Я бусурбабазул халифа! Дие изну кье, дур гьитIинав васасе хъулухъ гьабизе», - ян. ГIумарица гьесие жаваб гьабуна: «Инсанасул чилъи ва яхI гьечIолъиялдасан ккола тIаде вачIарав гьоболасда хIалтIи малъи ва гьев жиндиего хъулухъ гьабизе тIами», - ян.
  3. ШаргIалда какараб буго лъабго къоялдаса цIикIкIун гьоболлъухъ чIезе. Щайгурелъул, гьелдалъун рукъалъул бетIергьанасе гьабулеб хIалтIулъ, магIишат-яшавалъулъ зарал ккола. Бухарияс бицараб хIадисалда буго: «Гьоболлъи – лъабго къоялъ халат бахъуна, гьелдаса тIаде рукъалъул бетIергьанасе садакъа буго», - ян. Амма рукъалъул бетIергьанасе бокьун бугони гьев лъабго къоялдаса цIикIкIун чIезе, гьоболасе изну буго гьесул рагIи къабул гьабизе.
  4. Гьоболасе хъулухъ гьабила ресалда рекъон. Исламалда какараб буго бечедав вугевлъи хIан, жиндирго рес рекъолареб хIадур гьаби ва гьелда хадув лъугьин. Гьелдаго цадахъ какараб буго гьоболасда жиндирго мискинлъи ва бахиллъи-къарумлъи бихьизабиги. Нилъ нахърилълъине ккола исламалъул авалалда рукIарал асхIабзабазда ва салафу-салихIиназда. Гьез абулаан: «Ниж сахаватал руго, нижехъ кодоб бугеб жоялдалъун, ниж бечедаллъунги хIаларо ва ххвел гьабун нижехъ гьечIеб жоги бугеблъун бихьизабуларо», - ян.
  5. Гьобол ахIила бечедал-мискинал батIа гьаричIого. Гьелдаго цадахъ хIаракат бахъила тIаде вачIунев гьобол Аллагьасукьа хIинкъулев, исламалъул тIалабал тIуразарулевлъун вукIине. Свалат-салам лъеяв Аварагас ﷺ абулеб буго: «Нужеца цIакъ бахъе нужер тIагIам кванангутIизе, Аллагьасукьа хIинкъулез гурони», - ян.
  6. Гьоболасул адаб гьабиялдасан ккола, заман бахъилалде гьесда цебе тIагIам лъей ва гьев кванан лъугIизегIан столалдаса тIагIам нахъе босунгутIи. Амма жеги тIаде рачIине кколел гIадамал рукIун, гьезие гIоло дагьаб балагьун чIеялъул зарал гьечIо.
  7. Гьоболас нахъе унеб мехалъ баркала кьела, разилъи бихьизабила ва рукъалъул бетIергьанасда лъачIого, гьесулгун къо-мехлъикI гьабичIого къватIиве вахъинаро. Рукъалъул бетIергьанас гьобол кавудухъе щвезегIан нуха регIун, къо-мехлъикI гьабила. Хирияв аварагас ﷺ абулеб буго: «Дир суннаталдасан ккола гьобол рукъалъул кавудухъе щвезегIан нуха регIи», - ян.

 

АхIмад МухIумаев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...