Аслияб гьумералде

РитIухъавлъун вукIа

РитIухъавлъун вукIа

Исламалда ритIухълъи ккола цIакъ къимат бугел тIабигIатаздасан. Гьеб ккола инсанасе къимат кьолел сифатазул бищун кIвар бугездасанги. Гьелъ жанире рачуна Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабиялъулъ бацIцIалъи гIадал, шаргIиял тIадкъаял тIубай гIадал ва Аллагьасдехун ﷻ бугеб игIтикъадалъулъ бацIцIалъи гIадал лъикIал тIабигIатал.

ГIадамазда гьоркьоб ритIухълъи бугебгIанасеб мехалъ гьезда гьоркьоб цоцадехун божилъиги букIуна. Амма гIадамазда гьоркьоб гьереси тIибитIидал, цоцаде божилъи хола, дагIба-къец цIикIкIуна.

РитIухълъиялда хурхун цо лъугьа-бахъин рехселин. Пуланав чи Лондоналда имамлъун хIалтIулев вукIуна. Мажгиталде гьев унаан цого автобусалдаги рекIун. Цо нухалда автобусалъул шоферас гьесухъе, белтихъ нахъе гIарац кьолаго, 20 пенсалъ цIикIкIун кьола. Имамасда ракIалда ккола гьеб гIарац жиндир гурин ва нахъбуссун кьуни лъикIаб букIинин абун. Хадубги шайтIаналъ ракIалде ккезабула гьеб цIакъго гьитIинаб къадар бугин ва нахъбуссинабичIониги гьелъул ургъел гьабулев чи ккеларин абун. Кин бугониги, автобус лъалхъидал, рекIелъ рачIарал квешал пикрабаздаса тавбуги гьабун, имамас гIарац шоферасухъе нахъбуссинабула ва абула: «Гьаб гIарац дуца дихъе цIикIкIун кьун буго, нахъе босе», - ян.

ГIарацги нахъе босун, гьимизеги гьимун, шоферас абуна: «Гьаб районалъул цIияв имам гурищ мун? Цо чанго моцI буго дир мажгиталде вачIине бокьун. Гьаб гIарацин абуни дица ургъунго кьун букIана цIикIкIун дур хIал бихьизелъун», - ян.

Имам гIажаиблъун хутIана. Автобусалдаса рещтIиндал, тIуртIудизе лъугьана гьев. Цинги, тIоцебе батараб хIободеги вегун, жинцаго жиндаго абуна: «Я, дир Аллагь ﷻ, 20 пенсалъухъ шайтIаналъ ислам бичизе тIамизехъин вукIана дун», - илан.

Нилъер гIамал-хасияталдалъун чанги чи битIарав нухде вачIине рес буго. Гьединлъидал нилъ, ай бусурбаби рукIине ккола капуразе мисаллъун. Кидаго ритIухъаллъунги ракIбацIцIадаллъунги рукIине жигарги бахъизе ккола. Нилъер рукIа-рахъиналъухъ балагьун цогIаги чияс ислам босани, гьеб гьечIищ унго-унгояб талихI!? Гьаб дунялалдасаги, гьалда жаниб бугебщинаб жоялдасаги лъикIаб гьечIищ цо капурав чи исламалда вачIин. Амма кIочене бегьуларо нилъер квешаб гIамалалъухъги балагьун исламалдехун занну, ай балагьи цонигиясул квешлъани, гьелъул нилъее кIудияб мунагь букIинги.

ГIумар-асхIабас абун буго нужеца тIадчIей гьабейин ритIухълъиялда, гьелъие гIоло нуж чIвалел ругонигиян. Ибну ГIабасица абун буго: «Ункъо жо буго жал инсанасулъ ругони, инсанасда хайир батулеб: ритIухълъи, нич букIин, нигIматазе щукру гьаби, берцинаб тIабигIат букIин».

Жабир Мажидов

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Суал-жаваб

МагIна бичIчIуларел Къуръаналъул аятазе ва хIадисазе кинаб хIукму бугеб? Цогидал аятазда релълъун гьезул тафсир гьабизе бегьулищ? Гьел аятазде ва хIадисазде нилъеца иман лъола ва гьелъул хIакъикъат ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ тIамун тола. Гьединал аятазе ва хIадисазе баян тафсир гIалимзабаз кьечIо....


Муфтиясги гIахьаллъи гьабуна

Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афанди гӀахьаллъана РФялъул президентасул Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев вакил Юрий Чайкал нухмалъиялда гъоркь тӀобитӀараб данделъиялда. Гьениб гьоркьор лъун рукIана миллатазда ва диназда гьоркьоб рекъел цӀуниялъул ва гьеб щула...


Лъадул хIакъ цIунизе ккола

Хъизан ккола Аллагьас инсанасе кьурал бищун кIудиял нигIматазул цояб. Исламалъ хасаб кIвар кьола ригьин гьабиялде. Ригьин гьаби рикIкIуна жамгIияб гIадатлъун гуребги, гIибадатлъунги, гьелдалъун цIунула иманги, яхIги, насаб халат бахъинабиги.   Хасго ригьин гьабизе лъикIазул цояб ккола шаввал...


Дагъистаналъул ГIалимзабазул совет

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана ГӀалимзабазул советалъул президиумалъул данделъи. Гьелда гӀахьаллъана ДРялъул муфтияталъул председатель Мурад ИсмагӀилов ва республикаялъул округазда ругел муфтияталъул вакилзаби. Данделъи рагьана ГӀалим-забазул советалъул председателасул ишал тIуралев КъахIиса...


Дагъистаналъул муфтияталъул вакилзаби щвана Беларусиялде

Беларусиялъул муфти Абубекир Шабановичасухъе гьоболлъухъе щвана Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул делегация. Гьелъие нухмалъи гьабуна регионал церетӀезариялъул департаменталъул начальник АхӀмад Надирбеговас. Гьединго делегациялда гьоркьор рукӀана ДРялъул муфтияталъул пресс-хъулухъалъул...