Аслияб гьумералде

Муъминчи цIунулел къолдаби

Муъминчи цIунулел къолдаби

Аллагьасул свалат-салам лъеяв хирияв ХIабибас гьижра гьабуралдаса микьабилеб соналъ свалат-салам лъеяв Авараг вачIана, аскарги бачун, Макка бахъизе. Аскаргун вачIунев свалат-салам лъеяв Авараг вихьидал, Маккаялъул агьлу хIинкъана. Цинги гьелги данде гьарун Хирияс ﷺ цIехола: «Нужеда кин кколеб, щиб нужее дица гьабизе бугеб?» - ин. Гьез жаваб гьабула мун жидеда лъикIавлъунги лъикIасул васлъунги лъалилан.

 

ГIабдулмутIалибги ГIабду-ллагьги рукIана къурайшиязда гьоркьор лъикIлъиялъул рахъалъ кутакалда цIар бугел чагIи.

Маккаялъул капурзабаз гьабураб заралги лъан, босизе бегьулеб букIараб рецIел босарабани, лъиданиги кIолароан Аварагасде ﷺ гIайиб гьабизе. Кинниги Аллагьасул свалат-салам лъеяс абуна нужее хIинкъи гьечIин, бокьани Маккаялда чIезе, бокьани нахъе ине ихтияр бугин абун. Гьанже рачIаха гьаб заманалъул ва нилъерго напсазул, гIамал-хасияталъул, рукIа-рахъиналъул хIисаб гьабизе. Щибго зарал гьабичIев дурго диналъул вацасецин гьимизе кIолищ дуда? Гьимараб мехалда мун тамахав чи вугин кколарищ дандиясда? Гьебин абуни ккола Аллагьасе гIибадат дагь гьабулеб букIиналъул хIасил.

Халкъалъулго хирияв Аварагасда ﷺ гьикъун буго: «Алжаналде рачунеб бищун цIакъаб жо щиб?» - абун. Аварагас ﷺ абун буго: «Берцинаб тIабигIатги Аллагьасдаса хIинкъиги (цоги риваяталда сахаватлъиги)», - ян.

Гьединаб тIабигIат кинха нилъее щолеб? Машгьураб хIадисул къудсиялда буго ТIадегIанав Аллагьас абунин: «Бищунго лагъ Диде гIагар гьабулеб гIамал буго Дица паризаяблъун гьабураб гIибадат. Гьелдаса хадубги, суннатал тIоритIиялдалъунги гIагарлъула гьев лагъ Дие вокьизегIан. Цинги, Дие гьев вокьидал, Дун вукIина гьесул берлъунги, гIинлъунги, кверлъунги, хIетIелъунги», - ян. Лагъасул гьабулеб щибаб гIамал букIина БетIергьан разилъи тIалаб гьабулеб. Гьедин гIибадат гьабун хадуб кинабго гьабулебщинаб гIамал букIина Аллагь разилъи балагьун. Аллагьасул лугбал рукIунаро, нилъер лугбал рукIина Аллагьасе бокьулеб гIамал гьабулеллъун. Аллагьасе нилъ рокьараб мехалда, нилъ лъикIаб рахъалдеги хисула. Щибаб лага букIина Аллагь разилъи балагьулеб. Гьеб гурищ нилъее хIажатаб берцинаб тIабигIат?

Гьедин, Аллагьасе бокьухъе хьвадани, лъил гIумруялда букIинеб пашманлъизе жо, лъил букIине къварилъизе бакI? БетIергьанас нилъеда абун бугелъул: «Нужеда тIаде бачIунаро нужерго квераз гьабураб гурони», - ян. Аллагь разилъулареб гьабун хадуб тIаде къварилъи бачIиндал, нилъ рукIуна гIайиб реххизе чи валагьулел.

Аварагасул ﷺ имгIал АбутIалиб вукIана кутакалда унтун. Ислам босичIого хванин абула гьев. Кутакалда кумек гьабулаан АбутIалибица Аварагасе ﷺ. Гьес абун буго Аварагасда ﷺ: «Я, МухIаммад, гьаре дурго Аллагьасда дие сахлъи гьабе», - ян. Аварагас ﷺ дугIа гьабидал, мадарги лъугьун буго. ГIажаиблъарав имгIалас абун буго Аварагасда ﷺ: «Унго, дур Аллагьасул дуе мутIигIлъи», - абун. Хирияс ﷺ жаваб гьабун буго: «Мунги мутIигIлъе Аллагьасе, Аллагь дуеги мутIигIлъила», - ян.

Нилъги цIунун нилъеда сверун букIуна чанго сангар. Бищунго нилъер черхалда гIагараб буго адабалъул сангар, хадусеб ккола суннат, хадусеб - фарз, ахирисеб - иман. Гьал ункъалго ккола нилъ цIунулел къолдаби. Гьелда хадуб буго куфру.

ТIоцебе адаб абулеб къолден биччан тола инсанас. ШайтIаналъ абула адаб парзгун суннат гурин, цо нухалда тунин абун щибго зарал букIунарин. Гьедин тола адаб ва биххун уна адабалъул къолден. Хадусеб ирга щола суннаталде. Гьенибги гуккула добго шайтIаналъ. Суннат гурищин, мунагь гьечIин, парз гурин абун тезабула гьеб. ТIубанго биххула суннаталъулги къолден. Гьебги биххидал байбихьула парзалда тIад хIалтIизе. Адабги суннатги тарав гьесул байбихьула тIадаб гIибадаталда жанибги тасамахIлъи. Цо нухалъ кватIизабула, кIиабизе тIаса-масаго биччала, лъабабизе кIочон хутIула, хадуб - рехун тола. Гьедин фарзалъул къолденги биххула. Ахирисеб хутIула иманалъул къолден. Гьелда тIадги хIалтIи гьабун, нилъ куфруялде рехизе къваригIун букIуна шайтIаналъе. Ва дагь-дагьккун гуккула. Цо нухалда адабалда жанир нилъ чучани, гьелъие нух кьола нилъго къосинаризе. Щулаго, цIодорго рукIине ккола кидаго.

Гьаб мисал нахъаса цебеги бачинин. Инсанас иман лъедал, бищун цебе хIаракат бахъизе ккола паризаяб гIибадат мухIкан гьабизе. Цинги абула суннатабги гьабеян. Аварагасул ﷺ суннат гьабичIого гIолеблъун бихьани, нилъ камиллъуларо. Суннатги букIине ккола гIибадатлъун, Аллагьасде гIагарлъизе бокьани. Парзги суннатги тIубайдал вачIине ккола адабалде. Мун бусурбанчи вугин абураб жо кколелъулха дур гIибадаталъул хIасилалда мун гIамал-хасият, тIабигIат берцинав, адаб бугев чи вугин аби. Щайгурелъул, бищунго инсан сунца Алжаналде вачуневин гьикъидал, Аварагас ﷺ абун бугелъул: «Берцинаб тIабигIат-гIамалалъги Аллагьасдаса хIинкъиялъги», - ян. Кинабниги гIибадат-гIамалалъ нилъ рачине кколел руго халкъалда гьоркьор рукIа- рахъине лъаялде. Гьеб гьечIони, мун жеги парзги суннатги мухIканаздасан кколарелъул. Гьебги камиллъизе ккани, нилъеда тIадаб жо ккола диналъул лъабабилеб рукну - ИхIсан тIубай. Нилъеда лъалеб мацIалда гьелда абула ТIарикъатин, Тасаввуфин, Ихласин абун. ГIибадаталъул шартI буго ракIбацIцIадго гьаби, дин бахъун чIоларо ИхIсан гьечIого. РакIбацIцIалъи гьечIони, дин букIуна рахъ-рахъалде щванкIолеб.

Машгьураб хIадисалда буго, ГIумар-асхIабас бицун, пуланав чияс вачIун Аварагасда ﷺ абулила исламалъул бицейин. Гьеб бициндал абулила иманалъул бицейин. Лъабабизеги абулила ИхIсаналъул бицейин. Цинги халкъалъулго Хирияс ﷺ абула: «Дуца дурго БетIергьанасе гIибадат гьаби буго дуда Гьев вихьулев гIадин, дуда вихьичIониги Гьесда мун вихьулевлъидал», - абун.

Гьединлъидал, жакъа нилъ цоцазде семулел, дагIбадулел, рагъулел ругонани, диналъул вацги хIакъир гьавулев вугони, дагьа-макъаб жоялъе гIоло мадугьаллъиялдаги гIагарлъиялдаги гьоркьоб сабру гьабизеги кIолеб гьечIони, балагье дурго ракIалъул матIуялъуре, бугищ дур гьелъие диналъул, гьабулеб гIибадаталъул щолеб асарали бихьизе. БатичIони, гIодизе ккола.

ХIасил, парзаздаги къокълъун, суннаталги тIурачIого ругони, нилъер берцинал тIабигIаталги адабалги лъугьунаро. Нилъер диналъул хIалакъаб, рукьби гурони гьечIеб, загIипаб черх хутIула. Алжаналде рачунеб берцинаб тIабигIатги щоларо.

 

МухIаммад НурмухIаммадов,

ГIахьалчIи росу

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Суал-жаваб

МагIарухъ цIад балеб мехалда, гонгидаса чвахараб лъим данде гьабула ва рокъоб къваригIаралъе хIалтIизабула. ТIохда хIанчIазул рак камуларелъул, лъазе бокьилаан гьединаб лъим черх чуриялъе, какичуриялъе хIалтIизабизе бегьулищали? ШафигIил мазгьабалъул машгьурав гIалимчиясул «ХIашиятул Къалюби...


Иблисалъе вокьулев

БетIергьан Аллагьас ﷻ инсанасулъ рижун руго реццарал ва какарал тIабигIатал. Реццарал тIабигIатал Аллагьас ﷻ кьурав чиясда тIадаб буго гьезухъ шукру гьабизе, амма какарал тIабигIатал ругони, гьес кIвараб хIаракат гьабизе ккола гьел тIагIинаризе.   Бахиллъи, къарумлъи, барахщи – гьал...


Нужее баяналъе

«Салул гамайилан» сунда абулеб? – Вараниялда. Аварагзабазул рикIкIен рехсараб аят щиб? – Сура «ан-Ниса». Щиб сураялъулъ кIиго нухалъ басмала рехсараб? – Суратул «ан-Намлалда». Адам щиб къоялъ вижарав? – Рузман...


Шайих Ахlмад-афанди

Дагъистан гвангъараб Файизалъул нур, Дуниялго цIураб Иршадалъул бакъ. ГIаламго баччарав Къуватав устар, ХIакъалде ахIулев ГIелмудал ралъад. Дир хирияв устар, АхIмад-афанди. ХIакъаб иршадалъул Камилав устар. Нижер ургъел гьабун ГIумру кIочарав, Нижер ургъел гьабун Гьарделев...


ТIаса лъугьайин гьарилищ?

Гъибат-бугьтан гьаби ккола мацIалъ гьарулел мунагьазул бищунго гIемеразул цояб. ГIемерисеб мехалъ инсанас бигьаго абула диналъул вацасул яги яцалъул хIакъалъулъ рагIаби, ТIадегIанав Аллагьасда цебе гьеб мунагь кигIан кIудияб букIине бегьулебали хIисаб гьабичIого.   ТIадегIанав Аллагьас ﷻ...