Аслияб гьумералде

Хваразде зиярат гьаби

Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», - ян.

 

Хирияб хIадисалда буго: «Дица цере нуж гьукъун рукIана хабалазде зиярат гьабиялдаса, гьанже гьабе нужеца зиярат», - абун (Муслим).

Байгьакъияс бицараб хIадисалда буго: «Хабалазде вакке ва къиямасеб къоялъ тIаде рахъинариялъул пикру гьабе», - ян.

Хасго суннатаб буго аварагзабазде, авлияазде ва лъикIаб агьлуялде зиярат гьабизе.

Руччабазе карагьатаб буго гьезул сабру дагьаб букIиналъ ва хехго хIал хисун гьел лъугьине рес бугелъул. Карагьатаб мех буго шаргIалда хIарам гьабурал жал гьарулел гьечIони. Масала, гIодун, ахIдон, ретIел-кун бихъ-бихъун хIал хисун лъугьи гIадаб. Гьеб жо гьабулеб батани, хIарамабги буго.

Зиярат гьабулев чи вукIине суннатаб буго какичуриялда. Хабалазде лъугьунаго гьаб дугIаги цIалила: «Ассаламу гIалайкум дара къавмин муъминина. Ва инна иншааллагьу бикум лахIикъуна». Цинги бажарараб къадаралда Къуръан цIалила, гьелъул кири хваразеги кьела яги гьездасанилан, цIалилелде цебе, ният гьабила.

Зиярат гьабулелъул хварасде гIагарлъила гьев чIаго вукIараб мехалда гIагарлъулев вукIараб къадаралда. Хварасе саламги кьела.

Бичасул аварагас ﷺ абуна: «Дунялалда лъалев вукIарав чиясул хабада аскIосан унаго салам кьуни гьесда лъала ва саламалъе жавабги гьабула», - ян.

Гьединго лъикIаб буго хварав чиясе лъикIаб дугIа гьабизеги. Гьеб сабаблъун хварасул гIазаб борхизе ва даражаби цIикIкIине хьул кIудияб буго.

Хирияб хIадисалда буго: «Хабалъ вугев чиясул мисал буго лъелъ гъанкъулев, жив хвасар гьавеян ахIи балев чиясулго гIадаб. Гьев балагьун чIун вукIуна васасул, вацасул, яги гьудуласул дугIаялъухъ. Гьеб дугIа гьезие гьаб дунялалдасаги гьелда жаниб бугебщинаб жоялдасаги бокьулебги букIуна. ЧIагоязул сайгъаталги ккола хваразе дугIа ва гьезул мунагьал рахчи гьари», - ян (Дайлами).

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...