Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ гIибадат

Аварагасул ﷺ гIибадат

Аварагасул ﷺ гIибадат

Аварагас ﷺ гIибадаталда тIадчIей гьабулеб букIана. ГIемер тIадчIей гьабураб гIибадатазул цояб ккола кIалкквей. ГIабдуллагь ибн Шакъикъидасан бицана: «Дица ГIаишатида гьикъана Аварагасул ﷺ кIалалъул хIакъалъулъ.

 

Гьелъ абуна: «Гьес кIал гIемер кколаан, хIатта нижеца абизегIан: «Гьес кIал кквезе буго (гьоркьоса къотIичIого), цинги гьес кIал кколароан, хIатта нижеца абизегIан: «Гьес кIал кколеб гьечIо», - ян. Хадубги гьелъ абуна: «Аварагас ﷺ Мадинаялде вачIаралдаса нахъе тIубараб моцIалъ кIал кквечIо, гIицIго Рамазан моцIалъ гурони», - ян. Халатккун кколел рукIана суннатал кIалал. Рамазан моцIалъ тIубараб моцIалъ кколаан. Щайгурелъул, гьеб паризаяб букIиналъ. ХутIарал моцIаз, хасго шагIбаналъул кколаан гIемерисел къояз.

Аварагас ﷺ къаси нахъа ралел какал ралаан цин тIоцебесеб бутIаялда, цогидаб нухалъ гьелъул бакьулъ заманалда ва цинги балаан гьелъул ахирисеб гIужалъ.

Аварагас ﷺ гьабулеб гIамал гьабулаан гьоркьохъеб хIалалъ, гIорхъолъа унароан. Аварагас ﷺ абулаан цо-цо мехалъ кIал кколин, цогидаб мехалъ кколарин, цин къаси нахъа заманалда как балин, цинги кьижулин абун.

ГIабдуллагь ибн МасгIудица бицана щибаб моцIалъул байбихьуда Аварагас ﷺ лъабго къоялъ кIал ккун букIанин, гьоркьо-гьоркьоб рузман къоялъ гурони биччалароанин абун.

Щибаб моцIалъул байбихьуда Аварагас ﷺ лъабго къоялъ кIал кквеялъул щиб хIикматха бугеб? Гьеб лъабго къоялъул щибалъе анцIго кири щола, цинги гьеб кIал рикIкIуна тIубараб моцIалъ ккураб гIадин.

Гьединго ГIаишатица бицана Аварагас ﷺ итни ва хамиз къояз кIалал кколел рукIанинги.

Абу Гьурайратица бицун буго: «Цо нухалъ Аварагасда ﷺ гьикъула: «Я Аллагьасул Авараг ﷺ, дуца итни ва хамиз къояз кIалищ кколеб?» - ян. Гьес ﷺ жаваб гьабула: «ХIакълъунго, итни къоялъги хамиз къоялъги Аллагь ﷻ тIаса лъугьуна щивав муъминчиясдаса, дагIбадулаздаса хутIизегIан. Гьезул хIакъалъулъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абулеб буго: «Рекъел гьабизегIан те жалго», - ян.

ГIаишатидасан бачIараб хIадисалда буго: «Цо моцIалъ Аварагас ﷺ кIал ккун букIана шамат къоялъ, гьатIан къоялъ, итни къоялъ, цоги моцIалъ талат къоялъ, арбагI къоялъ, хамиз къоялъ», - абун.

Ибну ХIажарица «Ашраф ал-Васаил» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьеб букIана анкьил киналго къоязул хиралъи бихьизабизелъун. Муъминзабазе захIмалъизе гурин абун, гьес гьел киналго къоял цо анкьида жанире рачинчIо», - ян.

Ибн ГIаббасица бицун буго: «Аварагас ﷺ кидаго хъахIал къояз кIал кколаан, рокъов ва сапаралда вугеб мехалъги», - ян.

КIал биччаялъул хъахIал къоял ккола бусурбабазул моцIрол календаралъул щибаб моцIрол 13, 14 ва 15 къоял. Гьел къоязда абула «хъахIал къоял» абун, щайгурелъул моцI тIубараб фазаялда букIиналъ. Гьел къояз гьеб лъикI гвангъун букIиналъ кьуна хъахIал къоял абун цIарги.

ГIаишатица бицана: «Жагьилаб заманалда къурайшияз ГIашура къоялъ кIал ккуна, Аварагасги ﷺ гьеб къоялъ кIал ккуна. Мадинаялде щведал гьесги гьеб къоялъ кIал ккун букIана ва цогидаздаги амру гьабуна кIал кквеян. Рамазан моцI тIадаблъун гьабураб мехалъ, гьеб парзлъун лъугьана, ГIашура къо тола жибго. ГIашура къоялъ бокьарас кIал кколаан ва бокьичIес жибго толаан.

ГIалица бицана ГIашура къоялъ Аварагас ﷺ кIал ккун букIанин ва гьеб кквезе цогидаздаги амру гьабунин.

ХIафсица бицана Аллагьасул Расулас ﷺ кIал ккун букIанин ЗулхIижалъул ичIабилеб къоялъ, ГIашура къоялъ, щибаб моцIалъул лъабго къоялъ.

Жабиридасан бицана: «Аварагасе ﷺ бокьулаан чамасдакIалдалъун кIал биххизе. Кваналеб квенги гьелдалъун лъугIизабулеб букIана. ЧамасдакI кваналеб букIана витруялдалъун: лъабго, щуго, анкьго. Цогидаб хIадисалда рехсана, чамасдакI щвечIони Аварагас ﷺ кIал биччалеб букIанин лъецайилан.

Абу СалихIидасан бачIараб хIадисалда буго: «Дица ГIаишатида ва Умму Саламатида гьикъана: «Бищунго кинал гIамалал Аллагьасул Аварагасе ﷺ рокьулел рукIарал?» - абун. Гьез жаваб кьуна: «Дагьал рукIаниги, гьоркьоса къотIичIого гьарулел», - ян.

Имам Бухарияс бицун буго ГIаишатица абунин: «Аллагьасул Расуласе ﷺ бищунго хирияб гIамал букIана кидаго гьабулеб», - ян.

Гьесдаса мисал босизе асхIабзабазги кутакаб гъира бахъана. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна Аварагасулъ ﷺ бугин нужее мисалилан. Гьелъие нугIлъи гьабун абула Аварагасда ﷺ аскIор ругеб мехалъ асхIабзаби цIорон чIолаанин, хIатта гьезда тIад хIинчI чIолеб хIалалда. Гьеб букIана гьез Аваргасул ﷺ гьабулеб адаб-хIурмат.

Сабит Бунанияс абуна: «Дун Анас ибн Маликгун 40 соналъ цадахъ вукIана, гьеб заманалда жаниб гьесдаса цIикIкIун Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабулев чи дида вихьичIо», - ян.

Анас ибн Малик ккола чIахIиял асхIабзабазул цояв ва Аварагасе ﷺ анцIго соналъ хъулухъ гьабурав чи. 

Авараг ﷺ къойида жаниб цо нухалъ кваналаан гIибадат гьабизе къуват букIине. Щайгурелъул, ракъун рукIаго гIибадат гьабизе бигьалъула, амма цIураб чехьалъ чи кIвахIал гьавула.

Гьединго Аварагас ﷺ Аллагьас ﷻ гьесухъе рещтIараб Жиндирго калам гIемер цIалулеб букIана. Аварагас ﷺ Къуръан цIалун бахъиндал, рокъоб бугеб агьлуги бакIарун, дугIаги гьабулаан. 

Цо-цо гIалимзабаз Аварагасе ﷺ сипат гьабун абуна гьев кколин хьвадулеб Къуръанилан абун. Щайин абуни, Къуръаналъ абураб гьабулаан Аварагас ﷺ ва теян абураб толаан. ГIаишатида гьикъидал Аварагасул ﷺ тIабигIат кинаб букIарабилан абун, гьелъ абуна Къуръан букIанилан.

Жеги рехсола Аварагас ﷺ Къуръан цIалун бахъиндал цIидасан 5 аят цIалулаанин абун. Жиндаса Аллагь разилъаяв Абу Гьурайратидасан бицун буго: «Аллагьасул Аварагас ﷺ къаси цӀалулеб мехалъ цо-цо мехалъ гьаракь борхизабулаан, цо-цо мехалъ бигьагьабун цIалулаан», - ян.

Умму Саламатица бицана: «Аварагас ﷺ жиндирго цӀали лъалхъи гьабун цIалулеб букIана: «Аль-хӀамду лиллагьи Раббил-ГIаламин» абун, хадуб гьес лъалхъи гьабун абулаан: «Ар-РахIмани РрахӀим» абун, хадубги лъалхъун цӀалулаан: «Малики явми ддин» абун.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-06-01 (ЗулхIижа 1447 с.) №11.


ХIукуматалъулги диналъулги мисал

ХIукуматги динги релълъун буго кIиго эгизалда, цояб хвезе тун, цояб хьихьун бегьулареб, ай тIубалареб. Гьединлъидал кIиялъулго, ай хIукуматалъулги диналъулги, цояб борхиялдалъун цогидаб борхиги букIуна. Дин ккола халкъалъул гIумруялъул аслу-кьучI, хIукумат ккола гIаламги гIаламалъул гIумру-яшавги,...


Аварагасул ﷺ гIумру ва гIамал

Аварагасул ﷺ гIумру лъаялъ нилъ рачуна хIакъаб нухде, ракIал рацIцIалъула, иман щулалъула. Аварагас ﷺ гIадамал ахIана Аллагь цо гьавиялде, гIасилъи теялде, жагьиллъиялдаса гIелмулде, мекъи ккеялдаса ритIун ккеялде, бецIлъиялдаса канлъиялде, дунял-ахираталъул талихI щвеялде.   Авараг ﷺ...


ХIикматал махлукъатал

Осьминог   Осьминогалда буго лъабго ракI. Аслияб ракI хIалтIула би чорхолъ сверизабизе, хутIараб кIигояб хIалтIула жабрабаздасан кислородги щун, би цIидасан кьабизе. ХIухьел гьез босула жабрабаздасан. Гьел кIиязулго цоялъул хIалтIи гьабулеб нерв хвани, лага хIалтIула бигьаяб хIалалда, жиндир...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

ХIинкъаби кьолел руго   Дир росас гьоркьоса къотIичIого хIинкъаби кьолел руго ратIалъизе ругинги абун. Гьев нахъе къаларо лъималазда цеве дун какизеги. Гьес гIемер абула дун эбел-инсухъе йитIизе йигин «цIидасан тарбия кьезе». Дун свакан йиго гьесул къул-къудиялдаса. Росасул...


Волонтеразул къец

Казбек районалда тӀобитӀана «Ас-салам» газета тӀибитӀизабулел волонтеразда гьоркьоб къец. ГӀага-шагарго 50 чияс гӀахьаллъи гьабуна гьелда. ГӀахьалчагӀаздаса тӀалаб гьабулеб букӀана материалал мухӀканго цӀали ва суалазе жавабал кьей. Къецалъул мурад букӀана цӀалуде гъира бижизаби,...