Аслияб гьумералде

Как-кIалалда цадахъаб

Как-кIалалда цадахъаб

ГIаламалъулго БетIергьан Аллагь ﷻ кколевлъиги, Гьес нилъ киналниги Жиндие лагълъи гьабизе рижараллъиги лъай буго инсанасул кIудияб талихIги гIакълу букIиналъе нугIги. КигIан кIудияб гIакълу бугониги, гьеб гIакълуялда рекъон цо жоялъе къимат кьезеги, цо хIукму гьабизеги чиясе чара гьечIого къваригIуна гIелму.

 

Бокьараб ишалъулъ чияс хабар ялъуни гьеб ишалъул ритIухълъи-тIекълъиялъул бицине ккани, тIоцебе гьелъул хIакъикъат лъазе ккола. Хасго ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIадкъараб дин, гIибадат тIобитIизе ккани, чиясул чара гьечIого букIине ккола хIакъикъияб гIелму. ГIелму гьечIони чиясда лъазе рес гьечIо БетIергьан, Гьесул тIадкъаял, битIараб щиб, тIекъаб щиб гIадал ишал.

Пуланаб жо гьабизе инсан лъугьунаро, гьелъул хайирги хIакъикъатги лъалеб гьечIони. Квешаб иш гьабизеги чи лъугьунаро, жинца гьабулелъул хIакъикъияб квешлъи лъачIолъиялъги, гьеб лъай хIалтIизабизе гIураб гIакълу гьечIолъиялдалъун гурони.

ГIелму ккола бецIлъиялдаса инсан къватIиве вачунеб нур, гьеб ккола Аллагьасул ﷻ кIудияб рахIмат ва нигIмат. Щибаб гьабулеб хIалтIулъ, хъулухъалъулъ гьеб лъай гьечIони гьабулелдаса хвезабулеб гIемер букIуна. Аллагьас ﷻ рещтIараб динги, гьелъул хиралъиги, гьеб рещтIарав Аллагьасул ﷻ кIодолъиги, хIакъикъатги, гьеб гьабизе кколеб куцги, гIелму гьечIони, бичIчIун бахъунаро.

ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ сипатазул цояб буго ГIалим абураб. Къуръаналдаги хIадисаздаги цIакъго реццун руго БетIергьанас лъай бугел чагIи, гIалимзаби ва гьединго цIакъ гIемер бицун буго гIелмуялъул хиралъи. Хирияв Аварагасда ﷺ гьикъула бищунго хирияб гIамал щибилан. Аварагас ﷺ жаваб кьола: «Аллагь лъай буго», - ян. Чанго нухалъ суал такрар гьабун хадубги Аварагас ﷺ абула: «Дагьаб бугониги гIамалалъул пайда букIуна гIелму бугони (ай гьабизе кколедухъ лъан гьабуни) ва гIемераб бугониги гIамалалъги хайир кьоларо жагьлугун цадахъ (ай гьабизе лъачIого гьабураб) гьабураб мехалъ», - ин. Цоги хIадисалда буго: «Щив чи вугониги гIелму тIалаб гьабулеб нухде лъугьун, Аллагьас ﷻ гьесие Алжаналде нух бигьа гьабула…», - ян.

Халкъалда гьоркьор тIиритIарал напсаниял унтабиги тIадеялдаса тIаде цIикIкIунел рукIуна лъавукълъиялъул хIасилалда. Беразе бакъул нур гIадаб жо ккола инсанасул рухIияб бихьиялъе лъикIаб-квешаб бичIчIизабулеб лъай-гIелму. Лъаялъ инсан вачуна жагьиллъиялъул, мунагьазул, напсаниял унтабазул бецIлъабаздаса хIакъикъаталъул, ритIухълъиялъул ва хвасарлъиялъул канлъухъе.

ГIелму ккола рекIел чIаголъи ва жагьиллъиялдаса нух бихьизабулеб чирахъ. Хирияв Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дунялалъеги гьелда жаниб бугебщинаб жоялъеги нагIана кьун буго, цохIо Аллагь ﷻ рехсеялъе ва Гьесде гIагар гьарулеб гIамалалъе хутIун», - абун. НагIана кьей абурабги ккола Аллагьасул ﷻ рахIмат жиндилъ гьечIолъи.

Инсан хвасар гьавулеб гIамалалъул аслу ккола гIелму. ГIелму гьечIони инсанасе ахираталда талихIги щоларо. ГIали-асхIабасул рагIаби руго, гIелму боцIудаса лъикIаб бугин, щай абуни, гьелъ мун дунял-ахираталда цIунулин, боцIи абуни дуца цIунулин, ахираталда гьелъул хIисаб-суал гьабизеги дуде бачIунин абурал.

МагIаз-асхIабас абун буго: «Дуца гIелму лъазабе, гьеб лъазаби ккола лъикIаб гIамал, гьеб тIалаб гьаби ккола гIибадат, гьелъул рехсей, бицен гьаби тасбихIлъун ккола, гьелъул цIех-рех гьабиги ккола Аллагьасул ﷻ нухда жигьад гьаби, лъаларесда гьеб малъи садакъа буго…», - абун. ГIелму ккола хун хадубги жиндие пайда бачIунеблъун букIунеб гIамал. Гьеб буго как бай, кIал кквей гIадаб паризаяб гIамалалда цадахъго бачIунеблъунги, щайин абуни, гьеб гьабизе малъулеблъунги гIелму бугелъул. Гьеб тIалаб гьаби буго БетIергьанас ﷻ щивав чиясда тIад гьабураб гIамал. ГIелму гьечIони чиясул хIайваналдаса батIалъи гьечIо, гьелдалъун гурони я дунялалда, я ахираталда тIадегIанлъиги гьечIо.

Аллагьас ﷻ насиб гьабеги щивасе пайдаяб гIелму.

 

 

АхIмад Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...