Аслияб гьумералде

Рокьухъ щолеб

Рокьухъ щолеб

Рокьухъ щолеб

Агьлу-сунна вал жама-гIаялъул гIалимзаби тIад рекъараб жо буго щивав бусурбанчиясе Авараг ﷺ вокьизе тIадаб букIиналда. Авараг ﷺ вокьизе тIадаблъунги гьабун буго муъминзабазда, гьев ﷺ вокьи – иман камиллъилъун Аллагьас ﷻ гьабун букIиналъе гIоло. Аварагас ﷺ рехсараб машгьураб хIадисалда буго: «Дир напс кодоб бугев АллагьасхIаги! Нужер цонигияв унго-унголъун (Аллагьасда) иман лъуравлъун вукIунаро, гьесие дун жиндирго напсалдасаги цIикIкIун вокьулевлъун вукIинегIан», - абун (Бухари).

 

Жеги абулеб буго: «Дун вокьун щив чи вугониги, гьев вуго Аллагь ﷻ вокьаравлъун. Дие мутIигIлъун щив чи вугониги, гьевги вуго Аллагьасе ﷻ мутIигIлъаравлъун», - абун

Хирияб Къуръаналда Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Дуца муъминзабазда абе Myx1aммад ﷺ: «Нужее Аллагь ﷻ вокьулев ватани ва нужер иманалъулъ ритӀухъалги ратани, нуж дида нахъ рилълъа, цинги нуж Аллагьасеги ﷻ рокьизе руго ва Гьес ﷻ нужер мунагьалги чуризе руго…», - ян абун («Алу ГIимран»). Гьединлъидал, Аллагьасдехун ﷻ ва Гьесул расуласдехун ﷺ бугеб рокьи букIине ккола бищун цебесеб кьерда. Аварагас ﷺ абунин Ибну-ГIабасидаса бицунеб буго: «Нужее Аллагь ﷻ вокьа, Гьес нуж хьихьулел ругелъул, нужее дунги вокьа, Аллагьасе ﷻ дун вокьулев вугелъул, нужее дир рукъалъул агьлуги бокьа, дие гьел рокьулел ругелъул», - абун (Тирмизи).

Гьаб дунялалда бусурбабазул къадар миллиардалдаса араб буго, гьединго жиндилъ как ахIулеб чан мажгит гьечIеб ракьалда тIад. Гьелщинал бусурбабазда гьоркьоса миллион чиясул халгьабун босани гьезгIаги бицунеб батила Аварагасул ﷺ. Гьединго мажгиталги, щибаб бакIалда как ахIи букIуна батIи-батIиял заманал рихьизарун, цинги щибаб какилъги битIула шагьадат ва Авараг ﷺ цо гьавун нугIлъи. Гьелдаса босун абула, дунялалда цониги лахIзат унарин хирияв Аварагасул ﷻ цIар рехсон ва гьесде ﷺ салават битIун гурониян. Гьебги буго Аллагьас ﷻ Аварагасе гьабураб хиралъи.

Авараг ﷺ вокьи абуни, унго-унгояб хIалалда гьев ﷺ вокьизе ккани, хIакъикъияб куцалда гьев ﷺ лъазе ккола, лъазе ккани тIалаб гьабизеги ккола. Фикъгьиялъул тIахьазда хъван букIуна лъималазда как-кIалалъул малъизегIанго тIоцебе гьезда Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ бицун дагьабгIаги жо лъазабизе кколин абун. Бугониги, хIакъикъияб куцалда гьев ﷺ лъазе нилъеда бажаруларо, асхIабзабаздаги гьев ﷺ батIи-батIияб куцалда гурони лъалароан. Амма Абу-Бакар асхIаб вукIана Бичасул Авараг ﷺ бищун лъикI лъалев, гьев ﷺ цIикIун жиндие вокьулев, кинабго гьесие ﷺ къурбан гьабураздаса. АсхIабзабазе гьев вокьулев вукIараб куцалде ва гьесие ﷺ гIоло гьел сундуе хIадурарал рукIаралали балагьани бичIчIила нилъеда, дагьабгIаги, кинаб къагIида букIине кколеб гьесдехун ﷺ бугеб рокьиялъулали.

Нилъер рахъалдаса Аварагасдехун ﷺ бугеб рокьи абуни, гьеб буго нилъее ракIазулъ пихъ, черхалъе квен, кIиябго рукъалъулъ талихI, лъикIабщиналъе кьучI, гIибадаталъулъ къуват. Авараг ﷺ вокьуларев чи Аллагьасул ﷻ вализабаз чIаго хварав чилъун рикIкIуна. ЛъикIлъиялъул нуцIа жиндие рагьизе бокьарасе бищун лъикIабги

Аварагасул ﷺ гIумру лъазаби, гьесдехун ﷺ рокьи цIикIкIинабулеб гIамал гьаби буго. Рокьи цIикIинабулеблъунги рикIкIуна: Къуръан цIали, гьесул ﷺ гIумруялъул лъугьа-бахъинал лъазари, суннаталда тIадчIей гьаби, гIемер салават битIи (цIар рехсолеб рагIидалги) гIадал гIамалал. Аварагас ﷺ гьабуралда нахъ рилъине нилъеца цIикIкIун хIаракат бахъарабгIан, гьесдехун ﷺ рокьиги, черхалъулъ берцинаб гIамал-хасиятги лъугьуна.

Я Аллагь ﷻ! Дуца ниж гьаре Дур ХIабиб ﷺ вокьулел, гьесул ﷺ нух ккурал, Къиямасеб къоялъ гьевгун ﷺ цадахъ рахъун шафагIаталъги росун Алжаналда гьесул ﷺ мадугьалзабилъун! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Сапар буго инсанасул гIумруялъул цо бутIа. Муъминзабазе гьеб ккола Аварагасдаса ﷺ мисал босун ТIадегIанав БетIергьанасде ﷻ гIагарлъизе рес щвейги. Нилъер Аварагас ﷺ нухда кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали малъа-хъваял гьари гуребги, жиндирго мисалалдалъунги бихьизабуна сапаралда ругелъул...


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...


КIудиял мунагьал

МацIихъанлъи гьаби ккола цо чияс абураб жо цогидасда бицин, гьелъ жинда бицарав чиясул жиндаса бицарав чиясдехун дагьабниги рокьукълъи, ракIхвей бижизабулеб бугони. Къуръаналда мацIихъан какун вуго. ХIадисалдаги буго мацIихъан Алжаналде лъугьинарин абун.   Гьел ккола Аллагьасул бищун ццим...


Аллагьас ﷻ цIунула

Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола....


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...