Аслияб гьумералде

Кваранаб тIаса бищулаан

Кваранаб тIаса бищулаан

Бусурбанчияс жигар бахъула гIумруялъул киналго рахъазда МухIаммад аварагасдаса ﷺ мисал босизе. Гьеб хурхараб буго как баялда ва диниял гIадатазда гуребги, щибаб къойил гьарулел ишаздаги – кванаялдаса байбихьун, хъизамалъул ва жамгIияталъул ургъел гьабиялде щвезегIан. Гьединал суннатазул цояб ккола кваранаб рахъалдасан гIамалал байбихьи ва кваранаб квер тIаса бищи.

 

Исламалъул гIадаталда квегIаб квер хIалтIизабула черх бацIцIад гьабиялда хурхарал ишал гьарулаго, масала, чури, мегIер ссунхи, ретIел бахъи. Масрукъица бицана, ГIайшатица абунин: «Аварагасе ﷺ бокьулаан жинца гьабулебщинаб жоялда жаниб рес бугеб мехалъ кваранаб рахъалъе тIоцебесеб бакI кьезе: какие чурулелъулъ, рас ххалелъул яги хьитал ретIиялъулъ».

Кваранаб квералдаса байбихьизе лъикIал ишал ккола ретIел ретIи, мажгиталде лъугьин, михъал ва малъул къунцIи, расал ххай, къвалакь бакI кIкIвай, какдаса хадуб салам кьей. Щиб букIаниги кьолеб, кваналеб ва гьекъолеб мехалъ кваранаб квер тIаса бищула. Кваранаб рахъалда кьижиги рикIкIуна лъикIаблъун. Гьединго бицунеб буго: «Аллагьасул Аварагас ﷺ кваранаб квер хIалтIизабулеб букIана какие чуриялъе ва кваназе, квегIаб квер хIалтIизабулеб букIана хIажатханаялде ине ва гьелда релълъарал хIалтIабазе», - ян.

Кваналеб мехалъ квегIаб квер хIалтIизаби мунагь гуро, амма гьеб цIакъ какараблъун буго. Гьоркьоса бахъула унтиялъ яги лъукъиялъ кваранаб квер хIалтIизабизе кIолареб мехалда.

Исламалда кваранаб квер тIаса бищиялъе чанго гIилла буго. Кваранаб рахъ рацIцIалъиялъул рахълъун рикIкIуна, гьелдалъун Аварагас ﷺ гьарулел рукIана лъикIал ва хIурматиял гIамалал. Къуръаналда рехсолел руго инсанасул гIамалал хъвалел малаикзаби: кваранаб рахъалда вугев Ракъиб малаикас лъикIал гIамалал хъвалел руго, квегIаб рахъалда вугев ГIатид малаикас квешал хъвалел руго. Къиямасеб къоялъ ритIухъал чагIазе жидерго гIамалазул тIехь кваранаб квералъ босизе бугила ва гьезда абизе бугила «асхIабул ямин» - кваранаб квералъул гIадамал абун. Гьединго хIадисалда буго шайтIан квегIаб квералъ кваналеб ва гьекъолеб букIиналъул, гьединлъидал, бусурбаби гьединаб хьвада-чIвадиялдаса рикIкIалъизе ва кинабго жоялъулъ кваранаб квер тIоцебесеб бакIалда лъезе кколин абун.

Гьеб суннат ккурав бусурбанчиясе кумек гьабула гьоркьоса къотIичIого Аллагьасул Расуласул ﷺ мисал ракIалда чIезабизе, лъикIал гIадатал рижизаризе ва дунялгун ахираталда пайда босизе.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...