Аслияб гьумералде

Лъида кверщел гьабулеб?

Лъида кверщел гьабулеб?

Аллагьасул ﷻ махлукъатазул цоял ккола жундул. Гьел руго цIаялдаса рижарал жал. Жундул рукIуна бусурбаналги капуралги. ГIемерисеб гьез гIумру гьабулеб бакIги буго мугIрул, лъинал ругел бакIал, кIартIалгун нохъаби. Гьезул капурал ккола шайтIаби.

 

Инсанасе хIинкъи жидедаса бугеллъун руго шайтIаби, иблис ва гьелъул тIанчIи. ШайтIан-иблисалъул аслияб хIалтIиги буго бусурбанчи къосинави, шаргIалъ гьукъараб жо берцин бихьизабун, васвасал лъугьинарун. Иман загIипав чиги кIола гьелда бигьаго кверде восизе.

Аллагьасул Расулас ﷺ абунин Сафият бинту ХIуяйнидаса бицун буго: «Чиясулъе шайтIан лъугьуна ва би чорхолъ сверулеб кинниги гьениб киса-кибего хьвадизеги хьвадула, дун хIинкъаравги вуго гьелъ нужер ракIазулъе заралияб жо рехиялда», - абун (Бухари). Цинги, мунагьал гьариги, Аллагьас ﷻ тIадкъарал жалазулъ тIаса-масалъи гьабиги буго шайтIан чиясулъе лъугьиналъе ва гьелъ чорхолъ чIел босиялъе аслиял гIиллабиги.

Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абун буго (магIна): «Ва щив чи вугониги РахIман ﷻ рехсеялдаса вуссарав, Нижеца ﷻ гьесде гьесизабула (хадубккун) гьесул гьалмагълъун лъугьине бугеб шайтIан», - абун (сурату «Зухруф», 36 аят).

Хадуб шайтIан-иблис лъугьуна чиясе жив лъикIалдаса сверизавулеб гьалмагълъун, цинги гьелдаса ватIалъизеги захIмалъула.

Унго-унгояв муъминчи, гьесул гIамал бихьун, Аллагьас ﷻ цIунула шайтIаналъул хIилла-макруялдаса ва гьесул жиндирго иманги лъугьуна хадувккун гьев цIунулеб щулияб хъалалъун.

Абу-Гьурайратидасан бицун буго: «Муъминчияс шайтIан сваказабун загIиплъизабула, сапаралда унелъул нужер цонигияс варани загIип гьабулеб кинниги», - ян (АхIмад).

Имам ГIабдуррауф ал-Манавияс гьеб хIадисалъе баян гьабулаго хъвалеб буго: «Муъминчияс шайтIан загIиплъизабула жинца (гьоркьоб биччачIого БетIергьанасе гьабулеб гIибадаталдалъун) тIатIалаго гьелъие гIодобегIанлъи лъугьинабун. Жеги гьес шайтIан-илбис жиндир кверщаликь бокьа-бокьараб гьабун мутIигIаб асирлъунги лъугьинабула. Аллагьасе ﷻ рокьула Жиндир ТIадегIанлъи кIодо гьабулел чагIи ва Гьес гьединазе тушбабазда тIад кверщел батиги кьола. Гьелъул гIаксияб гьабуразе гIаксабги гьабула.

Гьелдасан бичIчIула, нужер цояс сапаралда жиндирго варанидул тату хвезабулеб гIадин, муъминчиясги жинде аскIобе ккараб шайтIаналъе гIазаб кьей киданиги тун букIунареблъи. Щайин абуни, шайтIаналъ чиясул ракIалде гIагарлъизе хиял гьабунщинахъе муъминчияс БетIергьан ﷻ лъалев вукIиналдалъун живго цIунула. Жиндир нафсалъе асар гьабизе гьеб лъугьараб мехалъги, гьес живго Аллагь рехсеялдалъун цIунула…», - абун. («Файзул Къадир, шархIул ЖамигIу с-Сагъир»).

Гьедин, щибаб нухалъ гьабизе лъугьун, амма хIасилги ккечIого нахъе къазе ккеялъ буго ццидахун, рахIат щоларого шайтIан, муъминчияс загIиплъизабулеб. Гьеб хIал шайтIаналъе муъминчияс гьабула Къуръан-хIадисалда бихьизабуралда нахъвилълъун хьвади бугебгIан заманалда.

ШайтIаналдехун хитIаб гьабунги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «РакI-ракIалъ иманги лъун Дида ﷻ божарал лагъзадерида тIад дуе квершел бати гьечIо, (квершел бати буго) дуда хадур рилълъарал кьосаразда», - абун (суратул «ХIижр», 42 аят).

Унго-унгояб иман лъейги букIуна, гIицIго паризаяб гIамал тIубазабун гуреб, суннатал гIамалалги цIунараб, тасбихI-тагьлил, зикраби, тIарикъаталъул устарас малъарал вирдалги тIуразарулеб мехалъ.

Аллагьасул Расулас ﷺ абунин Абубакар-асхIабасдасан бицун буго: «Нужеца тIадчIей гьабе «Ла илагьа илла Ллагьалда» ва истигъфар гьабун мунагьал чури тIалаб гьабиялда. Гьеб кIиябго гIемерги гьабе. ХIакълъунго, иблисалъ абун буго: «Дица гIадамал хвезаруна мунагьал гьаризе тIамиялдалъун, гьез дун гьалаг гьабуна «Ла илагьа илла Ллагь» ва истигъфаралдалъун», - абун. Щаклъи гьечIеб жо, шаригIаталъул нух цIунулеб бакIалдаса шайтIан лъутула. БетIергьанас ﷻ тIадкъараб цIикIкIун гьабун хьвадаравгIан чиясе гьелда зарал гьабизеги кIоларо, гьесдаса гьеб рикIкIалъизеги рикIкIалъула.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...