Аслияб гьумералде

Ибрагьимияб салават

Ибрагьимияб салават

 

 

Къуръаналда ТIаде-гIанав Аллагьас ﷻ аварагасде ﷺ салават битIеян амру гьабуна, хIатта Аллагьас ﷻ Жинцаго ва гьесул малаикзабазги битIула. Гьеб машгьураб аятги буго.

 

Салаваталъул магIна ккола авараг ﷺ кIодо гьави, салам ккола унти-балагьалдаса цIуни. Гьеб дугIалъунги ккола.

Жакъа бицен гьабизе бокьун буго «Ибрагьимияб» салаваталъул. Гьеб бищун хирияблъунги рикIкIуна, суннатабги буго щибаб какилъ, аттахIият цIалун хадуб, битIизе. Какилъ гьеб цIаличIого тезеги рекъараб гьечIо. Какилъ битIеян аварагасги ﷺ абуна. Щайгурелъул гьелъул хIакъалъулъ бачIараб хIадисалда тIад гIемерал имамзаби рекъана, хасго имам Бухари ва Муслим.

АхIмад Савияс «Адабу Муфрад» абураб тIехьалда хъван буго имам Бухарияс жиндирго тIахьазда рехсанин абунги: «Гьаб салават цIаларав чиясе Дица (аварагас) нугIлъи гьабула къиямасеб къоялъ шагьадат битIанин абун ва шафагIатги гьабула», - ян.

Гьале гьеб салават. Амма битIун цIализе гIараб мацIалъ лъаларев чи ине ккола мугIалимасухъе, гьаб хъваралда гIей гьабичIого. «Аллагьумма салли гIала МухIаммадин ва гIала али МухIаммад. Кама саллайта гIала Ибрагьима ва гIала али Ибрагьим. Ва барик гIала МухIаммадин ва гIала али МухIаммад, кама баракта гIала Ибрагьима ва гIала али Ибрагьим, фил гIаламина иннака хIамидун-мажид»

МагIна: «Я дир Аллагь ﷻ, салават лъе МухIаммадида ва МухIаммадил агьлуялда. Дуца салават лъурабгIадин Ибрагьимида ва Ибрагьимил агьлуялдаги. Баракат лъе МухIаммадида ва МухIаммадил агьлуялда. Дуца баракат лъурабгIадин Ибрагьимида ва Ибарагьимил агьлуялда, кIиябго рокъоб. Мун (БетIергьан) мустахIикъав вуго реццалъе ва сахаватавги вуго». 

 

Цо-цо гIалимзабаз рехсана: «Азарго нухалъ гьаб салават цIаларав чиясда макьилъ авараг ﷺ вихьичIого хутIуларин», - абун. Гьеб рехсана «Асраруу раббанияти вал-фуюзати» абураб тIехьалда.

Имам КъустIуланияс «Мавагьибу Ладуния» абураб тIехьалда абуна: «ГIалимзабаз далил бачана гьаб салават бищун хирияб букIиналъе ва аварагас ﷺ асхIабзазда жинцаго малъун букIиналъ. Щайин абуни, аварагас ﷺ жиндиего тIаса бищуларо бищун хирияб жо гурони», - ян.

 

ажру

АхIмад Савияс «Адабу Муфрад» абураб тIехьалда хъван буго имам Бухарияс жиндирго тIахьазда рехсанин абунги: «Гьаб салават цIаларав чиясе Дица (аварагас) нугIлъи гьабула къиямасеб къоялъ шагьадат битIанин абун ва шафагIатги гьабула», - ян.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...