Аслияб гьумералде

Жигарав муъминчи вукIана

Жигарав муъминчи вукIана

Жигарав муъминчи вукIана

Нилъ киналго Аллагьас рижарал руго, ахир Гьесде руссинеги руго.

 

КIиабилеб февралалда, хирияб рузман къоялъ, Аллагьасул къадар щвана Шамил районалъул Гьандихъ росдал школалъул директор, лъикIав муъминчи Гъазалиев МухIаммадие. Гьес жиндир тIолабго гIумру кьуна гIун бачIунеб гIелалъе битIараб тарбия кьеялъе. Гьес ирсалъе нахъе тана гьелда сверухъ школлъималазе хIадур гьабураб учебникги. Жиндир мугIалимлъиялъун нух гьес байбихьана 1963 соналда, школалда мугIалимлъун хIалтIиялдаса. 1979 соналдаса нахъе нухмалъи гьабуна росдал гьоркьохъеб школалъе.

Тарбия кьеялъул хIалтIудаго цадахъ МухIаммад вукIана росдал гIалимзабазул тарих бокьулев, гьелда сверухъ кIудияб хIалтIи гьабулев жамгIияв хIаракатчиги. Гьесул квералъ хъван басмаялде бахъун халкъалъухъе щвана накъшубандиябгун шазалияб тIарикъаталъул устар Гьандихъа ХIумайд-афандиясул хIакъалъулъ гIурус ва магIарул мацIазда хъвараб тIехь.

Нижер редакциялъулгунги букIана  МухIаммадил лъикIаб бухьен. Тарихалда, тарбиялда ва жамгIиял ишазда хурхарал макъалаби рачIунаан гьес «Ас-саламалде».

Росуцоял цIакъ разиго рукIунаан гьесдаса жамагIаталда хурхараб кинаб масъала бугониги жинда бажарараб кумек гьабун вахъун чIолин абун. ХIатта Гьандихъ бугеб мадрасаялъул хIалтIи нухда бачинеги кIудияб кумек щолаан МухIаммадидасан.

"Ас-салам" газеталъул редакциялъул коллективалъ, гьесул гIагарлъиялда, росуцоязда ва тIолабго районалъулго жамагIаталда зигара балеб буго халкъалъе пайдаяв гьев инсан нилъедаса ватIалъиялда бан. Аллагьас иманалда тIовитIун ватаги, нахъе ругезе халатаб гIумру кьеги.

 

"Ас-салам" газеталъул редакция

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...