Аслияб гьумералде

«Ас-саламалъул сордо» - Хасавюрталда

«Ас-саламалъул сордо» - Хасавюрталда

«Ас-саламалъул сордо» - Хасавюрталда

ЦерегIан къоязда Хасавюрталда тIобитIана «Ас-саламалъул сордо» абураб цIаралда гъоркь данделъи. Гьеб тадбир тIобитIана Дилималде унеб горсверуда бугеб мажгиталда. Гьелда гIахьаллъи гьабуна «Ас-салам» казияталъул бетIерав редактор ХIасан МахIмудовас, гIурус мацIалда биччалелъул жавабияв ГIадил Ибрагьимовас, казият тIибитIизабиялъул жавабияв МухIаммаднур Ибрагьимхановас ва цогидалги хIалтIухъабаз.

 

Мажлисалъе байбихьи лъуна, «инна лиЛлагьи ва инна илайгьи ражигIун» (нилъ киналго Аллагьасдасан ﷻ руго ва ахир руссинги Гьесде буго) абурал рагIабаздалъун, 14 августалда МахIачхъалаялда ккараб лъугьа-бахъиналда Аллагьасул ﷻ рахIматалде щваралги лъукъаралги ракIалде щвезарун. Хадуб цIалана хирияб Къуръаналдаса аятал ва гьабуна гьитIинабго къулгьу. Гьелъул кириги хваразул рухIазе щвагиян гьабуна гIаммаб дугIаги.

Мажлисалда кIалъазе вахъарав муфтияталъул гIелму ва лъай тIибитIизабиялъул отделалъул Хасавюрт районалда бугеб бутIаялъул нухмалъулев ГIали СултIановас рехсана хирияб Къуръаналдаса (магIна): «Жинца бицунеб рагIи Аллагьасул ﷻ диналде халкъ ахIилъун бугев чиясдаса берцинав щивха вугев…», - абураб аят ва тIадеги жубана, гьенир рехсаразул цояллъун ругин «Ас-салам» казият тIибитIизабун гьелъие хIалтIулел чагIиян ва абуна гьезул мисалги бугин Аварагас ﷺ батIи-батIиял бакIазде исламалъул бицун Аллагьасул ﷻ диналде халкъ ахIизе ритIулел рукIарал асхIабзабазулин.

 

 

 

 

Хасавюрт районалъулгун шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель, исламиял гIелмабазул доктор Аргъваниса МухIаммадица бицана лъикIлъиялде ахIун дагIват гьаби бугин жидедалъун киналниги аварагзаби ритIараб иш, «Ас-салам» казияталъ гьабулеб хIалтIиги гьебго бугин. Ва абуна ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб каламалда гIемер бицунеб бугин дагIваталъул ва гьелъул хиралъиялъул хIакъалъулъ. Къуръаналда буго (магIна): «Нужеда гьоркьор рукIайин абе цо къокъа гIадамазул, жидеца лъикIаб гIамалалдеги ахIулел, квешалдаса нахъги чIвалел…», - абун (сура «алу-ГIимран» 104 аят). Гьединал аятаз нилъги ахIулел ругин лъикIаб гIамал малъун дагIват гьабулеллъун рукIиналде. «Ас-салам» казияталда хъварабги буго тIадехун бицаралде ахIулеблъун.

Нилъеда халлъулеб гьечIониги, гьаб казият сабаблъун гьабулеб хIалтIи Россиялъул бакI-бакIазда ругел чагIазда бихьула ва гьеб сабаблъун исламияб диналде рачIарал чагIиги гIемерал руго. Гьалъие подписка гьабиялдалъун нилъер щивав чиги вукIуна доба кибалиго вугев пуланав чияс ислам къабул гьабиялъе сабаблъун. ХIадисалда буго, мун сабаблъун цогIаги чияс ислам къабул гьаби дуе лъикIаб бугин дунялги дунялалда жаниб бугеб щиналдасагиян абун. 

 

 

 

 

КIалъазе вахъарав ХIасан МахIмудовас бицана казияталда хурхун гьабулеб хIалтIул ва абуна гьеб бугин нилъер киназего гIаммаб. Щайин абуни, исламияб диналда хурхун гьабулеб хIалтIи киназулго иш букIун.

Къо бахъанагIан киназдаго халлъулеб буго казият хисулеб букIин. Гьебги буго, казият Дагъистаналда гуребги, цогидал регионаздаги тIибитIизабулеб букIиналъул гIаламат, ай киназдаго рекъараб хIал цIунизе хIаракат бахъи.

ХI. МахIмудовас баркала загьир гьабуна гIахьаллъаразе ва абуна казияталъул бицун аскIоре рачIарал разиго къабул гьарилин абураб хьул бугинги. 

Мажлис нухда бачана Хасавюрт районалда бугеб «Инсан» фондалъул хIалтIухъан МухIаммад-Камил Шайиховас. ГIалимзабазул кIалъаязда гьоркьор цIалулел рукIана мавлидал, экраналдасан рихьизаруна видеороликал, казияталъе подписка гьабуразда гьоркьоб можоро рехун гьаруна сайгъатал, кIигоязе бергьана ГIумраялде ине сертификаталги.

 

 

ХIадур гьабуна МухIаммадгIариф Къурбановас

 

 

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Египеталде сапар

Египеталде сапаралъ араб Дагъистаналдаса делегация дандчӀвана Вакъфазул рахъалъ министр Усама ал-Азгьаригун. Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана: ДРялъул диниял суалазул ва миллияб политикаялъул министрасул заместитель ТӀагьир Сутаев, министрасул кумекчи ГӀабдулбасир Абакаров, ДРялъул...


РакI чIаго гьабулеб

Гьаб заманалда гIемерисеб мехалда дунялалъул ишазда сверун лъугьун рукIиналъ нилъ лъугьунел руго аслияб иш кIочон толеллъун. Нилъер ракI буго черх чIаго гьабун би жиндасан сверулеблъун гуребги иманалъул ракIбацIцIалъиялъул унго-унгоял бусурбабазул хасияталъул бакI ва нилъ Халикъасда ﷻ хурхинарулеб...


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...


Берцинлъи гьаби

Инсанас ретIулеб ретIелги берцинлъиялъе хIалтIизе гьарулел жалги хIалалал рукIуна, гIаммаб куцалда босани. Кинниги гьезда гъорлъ руго хIалтIизаризеги ва гьездалъун къачIадизеги бегьуларел жалги.   Гьел киналго хIалтIизаризе бегьулел жал руго Аллагьас нилъее дунялалда ругебгIан заманалъ...


Кванил адабал

Кваназе байбихьилалде цин кверал чурила, гьелъ кванида баракат лъола, цинги «Бисмила» бахъила ва абила: «Аллагьумма барик лана фима разакътана ва къина гIазаба ннари», - абун. Кваналев чиясул ниятги букIина диналъе къуват бачIинеян абураб. Гьединаб ниятгун кванани, квенги...