Аслияб гьумералде

ГIалимзабазул советалъул резолюция

ГIалимзабазул советалъул резолюция

(Байбихьи цебесеб номералда)

 

ГIалимзабазул советалъ эбел-инсуе лъикIаблъун бихьизабулеб буго:

 

  1. Лъималазулгун гьоркьоблъи бугеб агьлуялде, гьезул информациялъулаб сверухълъиялде, щибаб къойил гьезда хадуб хъаравуллъи кквей ва кӀвар цӀикӀкӀинаби.
  2. Хъизамалда жаниб цоцаде божилъиялъулаб ва рагьараб диалогалъул ахӀвал-хӀал гӀуцӀизе, тIаса-масагояб бербалагьиялда къокълъун чIечIого.
  3. Наркоманиялде лъимал ругьунлъараб, гьелде гъорлъе ккараб гӀаламат халлъани хехго гьелда тIад хIалтIулел махщелчагӀазул кумек тӀалаб гьабе, гIадамазда лъаялдаса нечон чIечIого.

ГIалимзабазул советалъ лъазабулеб буго гIолеб гIел наркотиказдаса цIуниялъул мурадалда профилактика гьаби хъизамалъул, диниял идарабазул ва тӀолабго жамгӀияталъул гӀаммаб жавабчилъи бугин абун.

 

IV. Хъизамалъул институт щула гьаби

  1. Имамзабаз ва гIалимзабаз бичӀчӀикьеялъулал хӀалтӀаби гьаризе ккола гIолохъабазе хъизан гьабизе захӀмалъизарулел бертадул харжал гӀорхъолъа арал рукӀиналъул масъалабазда тӀасан.
  2. Ригьин гьабулеб мехалъ шаргӀалъул къанунал цӀуниялда хадуб халкквей щула гьаби: бахӀаралъул валиясул яги гьелъул ихтияр бугев вакиласул мухӀканаб цIех-рех гьаби; цӀидасан ригьин гьабулеб бугони, цIар тIамун ва гIидда лъугӀун букӀин мухIкан гьаби.

Фасхуялъул ва вилаятул-гӀаммаялъул суалал низамалде ккезаризелъун районазда ругел гьелъул ихтиярал кодосел вакилзабазе:

  1. ХӀажатаб бакӀалда фасхалъул ва вилятул-гӀаммаялъул суалазе жавабиял имамзаби рихьизари. Гьел суалазда хурхун гIадамазул суалал ритӀизе гьел тIуразаризе тарал жавабиял имамазухъе, ригьин гьабиялъе ва ратӀалъиялъе хӀукму къотӀизе.
  2. Наркоман гьечIевлъи чIезабураб ва социалияб хӀинкъи бугеб инфекция гьечӀолъиялъул хIакъалъулъ баян рехсараб медицинаялъул справкаби тӀалаб гьареян малъа-хъвай гьабизе, рос-лъадул ихтиярал цӀуниялъул ва хъизамалда парахалъи щула гьабиялъул мурадалда.

 

V. Социалияб жавабчилъи ва жамгӀияб хӀалтӀи

  1. ГӀадатияб рухӀиябгун яхӀ-намусалъул къимат цӀуниялъул масъалаялда тIасан лъай кьеялъул, хӀукуматалъул идарабазгун ва жамгӀиял гIуцIабазгун цадахъаб хIалтIи гьаби цIикIкIинабизе.
  2. ГIумру-яшав гьабулел бакIал лъикӀлъизариялъулъ ва социалияб инфраструктура цебетӀезабиялъулъ жамагIатал гӀахьаллъиялде ахӀизе.
  3. Бусурбаби ахӀизе жамгӀияб гӀадлу-низам, цогидазул адаб гьаби, нухазда хьвадиялъул рихьизарурал къагӀидаби цӀуниялде.
  4. ЖамгӀият кантIизабизе хӀалалаб квен-тӀехалъул букIунеб кIваралде ва бичIчIизабизе магIишат гьабулеб нух бацIцIадаб букIиналда бараб букIин халкъалъул гIамал-тIабигIат лъикIлъи.

 

VI. Исламияб банкинг цебетӀезаби

  1. ГӀалимзабазда, имамзабазда, предпринимателазда ва гӀолилазда гьоркьоб исламалъул финансазул къагIидаби ва практикияб бичӀчӀи цебетӀезабиялъул кIвар бихьизаби.
  2. ДРялда исламияб банкинг цебетӀезаби социалияб кӀвар бугеб рахъ букIин, гьитӀинаб ва гьоркьохъеб бизнесалъе квербакъи гьабулеб жо букIиналъе мукIурлъи.

 

Резолюциялъул хадурагIи

- Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъ лъикIаблъун бихьизабулеб буго лъагӀалида жаниб ГӀалимзабазул советалъул президиумалъул тематикиял данделъаби тӀоритӀизе, нилъер заманалъул бищунго хӀалуцарал диниял ва жамгӀиял масъалаби дандразе ва гьел тӀураялъе нухал ралагьизе.

- БакI-бакIалда ругел муфтияталъул вакилзабаз щибаб моцӀалъ бакӀалъулаб даражаялда гьабулеб динияб, тарбия кьеялъулаб ва жамгIияталъул хӀалтӀабазул хӀакъалъулъ хIисаб кьезе.

- Дагъистаналъул ГӀалимзабазул советалъ ахӀулел руго имамзабиги, диниял цӀалул идарабазул мугӀалимзабиги, умумулги, ай жамгӀиятго цадахъ рекъон ва ракӀбацӀцӀадго гьеб резолюция гӀумруялде бахъинабиялъул мурадалда хӀалтӀизе.

- Гьал хӀукмаби тӀуразари рикӀкӀуна умматалъул цолъи щула гьабиялде, гӀадатияб рухӀияб къимат цӀуниялде ва жамгӀияталъул цебетӀей чӀезабиялде буссунеб динияб, моралияб ва жамгӀияб тӀадаб налъилъун.

Гьаб хӀукму тӀубазабиялда хадуб халкквеялъулаб иш тӀадкъан буго Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул рекъонкколел идарабазда.

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Учительзабиги кIочон течIо

Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов...


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...


Кванил адабал

Кваназе байбихьилалде цин кверал чурила, гьелъ кванида баракат лъола, цинги «Бисмила» бахъила ва абила: «Аллагьумма барик лана фима разакътана ва къина гIазаба ннари», - абун. Кваналев чиясул ниятги букIина диналъе къуват бачIинеян абураб. Гьединаб ниятгун кванани, квенги...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Сапар буго инсанасул гIумруялъул цо бутIа. Муъминзабазе гьеб ккола Аварагасдаса ﷺ мисал босун ТIадегIанав БетIергьанасде ﷻ гIагарлъизе рес щвейги. Нилъер Аварагас ﷺ нухда кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали малъа-хъваял гьари гуребги, жиндирго мисалалдалъунги бихьизабуна сапаралда ругелъул...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...