Аслияб гьумералде

Воре, чIухIи гIодоб рехе!

Воре, чIухIи гIодоб рехе!

ЧIухIи ккола инсан гьалаг гьавулел сипатазул бищун кIудиязул цояб. ЧIухIарав чи талихIкъарав, мекъи ккарав вукIин баян гьабизе гIемераб жо бицине ккеларо. Къуръаналъул цо аяталъул пикру гьабуни, гьелъги гIей гьабила. БетIергьанас абулеб буго: «ХIакълъунго Гьесие, ай БетIергьанасе рокьуларо чIухIарал чагIи», - абун.

Аллагьасе вокьунгутIиялдаса кIудияб талихIкъей тIокIабги кинаб букIинеб инсанасе?

Нилъер хирияв Аварагасул ﷺ хIадисги буго: «Алжаналде лъугьунаро жиндир рекIелъ хардалалъул мугьгIанасебцин чIухIи бугев чи», - абун. Цоги хIадисалда, тIоцере жужахIалде унел чагIи рикIкIунаго, абун буго: «ТIоцере жужахIалде лъугьинарула: зулму гьабулев амир, закагIат кьоларев рес бугев чи ва чIухIарав пакъирав чи», - абун. ТIоцере жужахIалде лъугьунел лъабгоязулъ рехсон вуго чIухIарав чиги. ТIоцебе жиндалъун Аллагьасе гIасилъи гьабураб мунагь чIухIи бугиланги буго.

ТIадегIанав Аллагьас абулеб буго: «Дица малаикзабазде амру гьабуна Адамие (гI.с.) сужда гьабеян, гьез киназго гьабуна, иблисалъ хутIун, гьелъ инкар гьабуна ва чIухIана. Гьебги буголъана капураздасан», - абун.

Гьеб чIухIи сабаблъун зобал-ракьалгIан гIатIидаб Алжаналдаса къватIибе иблис бачахъараблъиги нилъее балъгояб гьечIо. Гьелде щвезегIан малаикзабазда гьоркьоб бищун ТIадегIанаб даражаялда букIанин гьебиланги буго. Гьанже халгьабеха, чIухIиялъ гьеб ккезабун бугеб бакIалдеги. Ракьулъе рехараб мугь бижун цIубалебго гIадин, рекIелъе цодагьаб чIухIи ккани, гьеб нахъе инабизе жигарги бахъичIони, гьеб цIикIкIунеб букIуна ва тIаса унаро. Ахирги живго вижарав БетIергьанас бицараб къабул гьабизе чIухIулезухъеги вачуна гьелъ чи.

ЧIухIи буго гIужбуялдасан баккулеб унти. ГIужбуги баккула жинцаго гьабулеб жо жиндаго кIодолъун бихьиялдасан ва жиндир гьунаралдалъун гьеб гьабулеб бугилан ккеялдалъун. Гьедин бихьизе лъугьаралдаса нахъе байбихьула чиясулъ рияъги, гIужбуги, чIухIиги ва гьел гурел цоги чи гьалаг гьавулел къабихIал сипатал раккизеги. ЧIухIиялдалъун ругел бищун кIудиял балагьаздасан ккола гьелъ чи цогидас бицунеб кигIан хIакъаб бугониги къабул гьабизе виччангутIиги.

Цо гIакъилас абун буго: «ГIодорегIанал чагIи гурони чIухIуларо», - ян.

ЧIухIи кколеб буго, гьев чиясда лъачIониги, гIадамазда жанив жив гIодовегIанав, къадрукъимат гьечIев вукIиналъе гIаламатлъун, ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ рихарав, Къуръаналда какарав вукIиналде тIадеги. Жалго жидецаго гIодорегIаналлъун рикIкIунаро, ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ аскIор тIадегIанал гIадамаз гурони. ХIасил, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Жиндир лагъ басра гьавуларо, живго жинца басра гьавун гурони, гьелъул бетIерги ккола чIухIи. Живго жинцаго гIодовегIан гьавунагIан, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ лагъ тIадегIан гьавула. Хадуб, гIаламалъги кIодо гьавула.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...