Аслияб гьумералде

«Бисмиллагьи ррахIмани ррахIималъул» тарих

«Бисмиллагьи ррахIмани ррахIималъул» тарих

ТIадегIанав Аллагьасул рахъалдасан ракьалде рещтIараб тIоцебесеб аят ккола «Бисмиллагьи ррахIмани ррахIим». ТIоцебе гьеб рещтIана Адам аварагасде. Гьеб рещтIиндал, гьес абуна: «Гьанже дида лъана дир зуррияталъе цIаялдалъун гIазаб гьабизе гьечIолъи, жал гьаб калимаялда даимлъун хадур», - илан.

 

– Хадуб гьеб «Бисмиллагь» рещтIана Ибрагьим аварагасде жив цIадаве рехизе манжаникъалъув лъурав мехалда. Гьелдалъун жив БетIергьан Аллагьас цIаялдасаги цIунана.

– Хадуб гьеб рещтIана Муса аварагасде. Гьелдалъун БетIергьанас ФиргIавнги гьесул къавмги гьалаг гьаруна.

– Хадуб гьеб рещтIана Сулайман аварагасухъе. Гьеб рещтIиндал малаикзабаз абуна: «Гьанже, валлагьи, камиллъана дур ханлъи, мулк», - ан.

– Гьеб «Бисмиллагь» ккола аварагзабазеги гьезул умматазеги рахIматалъул ва божи-аманаталъул аятлъун.

– Свалат-салам лъеяв МухIаммад аварагасухъе гьеб рещтIиндал «Сурату Намлуялъулъ», кIудияб фатхIо ккана, ай Ислам гIатIилъи ккана.

– Свалат-салам лъеяв Аварагас амру гьабун, «Бисмиллагь» лъуна Къуръаналъул щибаб сураталъул авалалда ва гьединго хъвалел дафатиразул, тIахьазул, ритIулел рисалатазул авалалда.

– БетIергьан Аллагьги гьедана Жиндир тIадегIанлъи, кIодолъиялдалъун «Муъминав лагъас цо щиб букIаниги жоялде тIаде «Бисмиллагь» бахъидал, гьеб жоялда баракат лъун гурони букIинарин, ай муъминчияс жинде тIаде «Бисмиллагь» бахъараб жо – квен-тIех букIа, гIарац букIа, цогидаб жо букIа – гьелда баракат лъолин абураб мурад.

– «Бисмиллагь» бахъарав, абурав чиясе жужахIалъул цIаялда цебе пардавлъунги чIола.

– «Бисмиллагьалъул» буго анцIила ичIго хIарп, гьелъ нахъчIвала гьеб абурав чиясдаса анцIила ичIавго забаният.

– Свалат-салам лъеяв Аварагас абуна: «ТIаде-гIанав Аллагьас Къалам бижараб мехалда гьелъие гьабуна нусго анбубат, (100 паста жаниб лъураб ручкаялъул мисал), щибаб анбубаталда гьоркьобги гьабуна щунусго соналъул нухлул манзил. Цинги ТIадегIанав Аллагьас гьабуна гьелде цо рахIматалъулаб балагьи. Гьеб балагьиялдалъун Къалам кIибихъана. Цинги ТIадегIанав Аллагьас абуна Къаламалде: «Дуца хъвай лавхIалда Къиямасеб къо чIезегIан лъугьине бугебщинаб жо», - ян. Къаламалъ абуна: «Щиб жоялдалъун байбихьи гьабилеб?» - абун. ТIадегIанав Аллагьас абуна: «Дуца байбихьи гьабе «Бисмиллагьи ррахIмани ррахIималдалъун», - илан. Къаламалъ гьеб хъвана анкьнусго соналда жаниб, ай анкьнусго соналде хъван бахъана. Цинги ТIадегIанав Аллагьас абуна: «Дир тIадегIанлъи-хиралъиялхIа, МухIаммадил умматалдаса кинав лагъас, ай лъица абуниги цохIо нухалъ «Бисмиллагьи ррахIмани ррахIим», Дица гьесие хъвала анкьнусго соналъ гьабураб гIибадаталъул кири», - ян.

(ЧIикIаса СагIид-афандиясул рухIияб ирсалдаса)

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...