Аслияб гьумералде

Я дир вас!

Я дир вас!

«Я дир вас! Дуца как бай гIужда, шартIалги тIуразарун, хIузуралда (ТIадегIанав Аллагьасде иман лъун хадуб, лугбаз гьабулеб гIибадаталъул бищун хирияб ва тIоцебе инсанасда тIалъулеб гьеб как бугелъул).

Дуца гIадамазде амруги гьабе, шаргIалъ беццараб, гIакълуялда рекъараб, лагъ жинца Аллагьасде вачунеб лъикIабщиналдалъун. Дуца гIадамал нахъги чIвай, шаргIалъ хIарам гьабураб, какарал, гIакълуялда рекъоларел, ТIадегIанав Аллагьасдаса лагъ жинца машгъул гьавулел, къабихIал гIамалаздаса, пишабаздаса. ХIалкIолеб бугони – квералдалъун, кIолеб гьечIони – кIалалдалъун, гьединги кIвечIони - ракIалдалъун.

Дуца сабруги гьабе тIаде рачIарал дунялалъул ургъалаби-пашманлъаби гIадал, унта-щокълъи гIадал, мискинлъи-пакъирлъи гIадал къварилъабазде. Хасго лъикIалдалъун амру, квешалдаса нагью дуца гьабулел гIадамаздасан бачIунеб захIмат-къварилъиялде. Гьал рехсарал умурал руго ТIадегIанав Аллагьас жидедалъун амру гьабурал, тIадал, кIвар цIикIкIарал умураздасан».

Гьаб рехсараб аят буго далиллъун цересел умматазеги тIагIат-гIибадаталъулъ рехсарал умурал бищунго цересел, кIвар цIикIкIарал рукIиналъе. Ва гьединго МухIаммадияб умматалъе баянги гьабулеб буго, жинца амру-нагью гьабулев чи, гьелдалъун бачIунеб захIмат-къварилъи бугони, гьелде сабру гьабулевлъун вукIине ккей.

«Мун гIадамаздехунги вусса, - ян абулеб буго Лукъманица васасде, – салам кьолелъул, кIалъай гьабулелъул; дандчIвараб мехалъ берцинаб гьумергун, тамахаб рагIигун. ЧIухIарал чагIаз гIадин, дуца гьездаса гьумер буссине гьабуге, гьел хIакъирлъун рихьун, хасго фукъарааздехун, дуца ращадги гьаре фукъараалги бечедал чагIиги».

Хадубги абулеб буго Лукъманица васасда: «Мун ракьалда тIад чIухIунги хьвадуге, ТIадегIанав Аллагьасе рокьуларо чIухIарал чагIи. Дуца вилълъанхъиялъулъги цIуне гьоркьохъеб къагIида, ай цIакъго хехги гуреб, цIакъго хIинцги гуреб къагIида. Дуца, гIадамалгун кIалъалеб мехалъ, гьаракьги гIодобегIан гьабе, ай гьавугьин кIалъай, ахIдон кIалъачIого, хасго дудасаго чIахIиялгун кIалъалеб мехалъ.

Жиндилъ пайда гьечIеб жоялъулъги гьаракь борхизе дуца гьабуге [масала, жамагIаталда рагIизе хIажатаб къадаралдаса цIикIкIун имамас гьаракь борхизе гьабунгутIиялда релълъун]. Бищунго къабихIаб, рагIизе бокьулареб гьаракь хIамил буго».

Гьал васиятал Лукъманица васасе гьарурал ругин абун Къуръаналда рачIиналъул хIикмат буго, нилъ, ай МухIаммадияб уммат гьелде кантIизари, нилъее малъа-хъвай гьаби. Гьаб аяталда ишара гьабулел тIабигIатал цIуни рекъараб буго хасго гьаб заманалда жаниб.

Аллагьас кумек гьабеги.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...