Аслияб гьумералде

Калам къокъал, магIна гъваридал аварагасул ﷺ рагIаби

Калам къокъал, магIна гъваридал аварагасул ﷺ рагIаби

Калам къокъал, магIна гъваридал аварагасул ﷺ рагIаби

Бичасул аварагас ﷺ абуна:

– Исламалъ ва гьижраялъ бацIцIуна цебехун букIараб жо.

– Ислам тIадегIанлъула, гьелдаса цоги жо борхуларо.

– Жинда зулму гьабурасул дугIаялдаса цIуне.

– Квешав гьалмагъасдаса цIуне, гьесдалъун кьола дуе къимат.

– Мун цIуне хиянаталдаса, гьеб буго цогидасдехун пикру квеш гьаби.

– Нуж цIуне гъибаталдаса.

– Нуж цIуне квешаб агьлуялдаса яхъарай берцинай гIаданалдаса.

– Иман буго кIиго тайпаялда. Бащдаб - щукруялъулъ ва цогидаб бащалъи - сабруялъулъ.

– ЛъикIлъи буго лъикIаб тIабигIат. Мунагь буго рекIеда хIунсулеб ва гIадамал жинде раккизе бокьулареб.

– Нужерго умумузе лъикIлъи гьабе, нужер лъималаз нужееги гьабила. Нужерго лъудбузе лъикIаллъун рукIа, нужерго ясазеги лъикIаллъун рукIина.

– Дун витIана авараглъун гIадамазулгун хIал рекъезабизе.

– Балагь бухьун буго кIалъаялда, ай кколареб бициналъ питнаялде рачуна.

– НугIзал рачине ккола жинца дагIба балес, гьа кьола инкар ккурасе.

– Квешлъи тей садакъа буго.

– Дуда Аллагь лъай, ай Гьев рехсе мун лъикI вукIаго, Гьесда мун лъала захIматаб хIалалде ккедал.

– Дуда лъай, щвечIеб жо дуе насибаб букIараб гуро. Дуе щвараб жо мекъи ккезеги букIинчIо.

– Дуда лъай Аллагьасул рахъалдаса кумек сабруялдалъун букIуна. Бигьалъи щвей захIмалъиялда хадуб букIуна.

– ЗахIмалъиялда хадуб бигьалъи камуларо.

– ЧIужуялъул лагъасул талихI къана.

– Нужеца ккве щулияб бухьен, ай Ла илагьа иллаллагь.

– Нужеца цоцазе сайгъатал кье, нуж цоцазе рокьила.

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


КIудиял мунагьал

МацIихъанлъи гьаби ккола цо чияс абураб жо цогидасда бицин, гьелъ жинда бицарав чиясул жиндаса бицарав чиясдехун дагьабниги рокьукълъи, ракIхвей бижизабулеб бугони. Къуръаналда мацIихъан какун вуго. ХIадисалдаги буго мацIихъан Алжаналде лъугьинарин абун.   Гьел ккола Аллагьасул бищун ццим...


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...


ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал   КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал. Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб...


Муфти дандчIвана Сулеймангун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица, ГӀиса аварагасул цIаралда бугеб централда къабул гьавуна Гъарабудахкент районалъул Параул росулъа гӀараб каллиграфиялъул устар Аширлаев Сулейман. Гьес сайгъат гьабуна хирияб Къуръаналъул жинцаго квералъ хъвараб, цогидаздаса батӀияб нусха. ГӀага-шагарго...


Жиндаго тIад хIалтIи

Нилъеца гьарулел гIамалал ритIарал ругищали яги чиядехун гьабулеб гIамалалъулъ тохлъи биччалищали пикруго гьабулищ нилъеца? Мекъи рукIин лъалищ, къабул гьабулищ, гьеб битIизабизе хIаракат бахъулищ?   Гьайгьай, гьелъул пикру гьабизе ккела. Лъазе ккола аварагзаби хутIизегIан, гунгутIабаздаса...